МагъчIваялъе рес

ОБСЕ: Украиналъул конфликталъул рахъаз Минскалъул къотIи-къай тIубазабулеб гьечIо


ОБСЕялъул вакильзабазда бихьулеб гьечIо Украиналъул конфликталъул рахъаз, Минскалъул къотIи-къаялда рекъон, къуватаб ярагъ ва рагъулаб техника чIезабураб манзилалъ нахъе бачIунеб букIин.

Гьедин лъазабуна халкъазда гьоркьосеб идараялъул пресс-секретарь Майкл Боцюркивица.

Гьес гьединго лъазабуна, ОБСЕялъул хасаб гIуцIиялъул ургъел ккун бугин Дебальцевоялда загьирлъулел хIужабазда хурхунин ва гьелъ сепаратистаздаса тIалаб гьабулеб бугин нахъ тIамичIого гьужум чIезабийин.

XS
SM
MD
LG