МагъчIваялъе рес

Копенгагеналда чIван вуго полициязде кьвагьарав чи


Даниялъул тахшагьар Копенгагеналда гьатIан къоялъул радал полицияз чIван вуго маххул нухлул вокзалалда жидеде кьвагьарав чи. Полициязул баяназда рекъон, гьев чиясул хурхен буго шагьаралда шамат къоялъул къаси букIараб кIиго тIадекIанцIиялде. Гьениб исламалъул проблемабазда ва рагIул эркенлъиялда хурхун семинар тIобитIулеб минаялде ва чанго сагIаталдасан синагогаялде кьвагьараб мехалда хун вукIана кIиго ва лъукъун вукIана щуго чи. КIиябго нухалда кьвагьарасда гьениса лъутизе бажарун букIана.

XS
SM
MD
LG