МагъчIваялъе рес

Украналда кьвагьи чIезабизе сагIтал хутIараб мехалдаги рагъал чIун гьечIо


Донецк икълималъул Широкино абулеб росдал сверухълъиялда шамат къоялъ халат рахъунел рукIана жидеего бокьун рагъизе рачIараздасан гIуцIараб «Азов» полкалда ва сепаратистазда гьоркьоб рагъулал тунка-гIусиял. Гьеб полкалъул баяназда рекъон, жибго росу тIубанго биххизабун буго гIарадабазул цIадуца. Зарал ккаразул хIакъалъулъ мухIканал баянал гьечIо, амма «Азовалъ» лъазабулеб буго гьел цIакъго гIемерал ругин.

Широкино росдал сверухълъиялда рукIарал Украиналъул аскаразе гьужум байбихьун буго шамат къоялъул радал ва кIиябго рахъалъан гьенире цIиял-цIиял къуваталги цIалел рукIун руго.

Рузман къоялдаса шамат къоялде Украиналъул машрикъалъул рахъалда хун вуго 100-гIан сепаратист ва лъукъун вуго 180-яв. Гьедин шамат къоялда лъазабуна Донбассалда операция тIобитIулеб Украиналъул армиялъул штабалъ. Киевалъ ва Донецкалъул лъидаго рачIел республикабийин жалго лъазарураз рагъал гIасилъиялъул гIайиб цоцазде тIаде рехулеб буго.

Сепаратистазул рагIабазда рекъон, Дебальцево шагьаралда гIагарлъухъ сверун ккун ругел Украиналъул аскарияз гIамал гьабулеб буго гьениса рорчIизе. Киевалъ гьеб информация нахъчIвалеб буго.

Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабуна Минскалда къотIи гьабун букIараб кьвагьи чIезабиялъул низам байбихьичIого лъугIизе рес бугин, сепаратистаз кьвагьи чIезабулеб гьечIолъи бихьунин.

Минскалда гьабураб къотIиялда рекъон, кьвагьи чIезе ккола 15 февраль байбихьараб параялъ.

XS
SM
MD
LG