МагъчIваялъе рес

Давыдова мукIурлъун йиго пачалихъалъе хилиплъиялъе


Давыдова Светлана хъизангун
Давыдова Светлана хъизангун

Пачалихъалъе хилиплъи абураб гIайиб гIунтIизабулей Смолеск икълималдаса Давыдова Светлана мукIурлъун йиго жинда гIайиб букIиналъе. Анкьго лъимадул эбелалъ гьедин абун буго «Лефортово» туснахъалда гьелде щвезе ячIарай журналист ва инсанасул ихтиярал цIунулей Зоя Световалъе.

Кийго хIалтIулей гьечIей Давыдова ккун йикIана ФСБ-ялъул хIалтIухъабаз 21 январалда. Гьелда гIунтIизабулеб буго араб соналъул апрелалда Украиналъул вакиллъиялдаса чиясе телефоналдасан жидер рукъалда аскIоб букIараб рагъулаб бутIа чIобоголъун бугин ва гьел Донецкалде ритIун ратизе бегьулин аби. Давыдовалда гьедин абулеб рагIун букIан буго маршруткаялда жаниб.

XS
SM
MD
LG