МагъчIваялъе рес

Киевалъ ва сепаратистаз гIайибал цоцазде рехулеб буго


Киевалъ ва сепаратистаз Украиналъул машрикъалъул рахъалда гьарулел ругел цо-цо тIадекIанцIиязул жавабчилъи цоцазде рехулеб бугеб гIанасеб заманаялда гьезда гьоркьор ракълилал кIалъа-ралъаязе бакIал хутIулеб гьечIо. Донецкалъул администрациялъ Киевалда гьабулеб буго рузман къоялда культурияб центаралде гIарада кьвагьиялъул хIасилалда щуго ва тролейбусалда жанив кIиго чи хвеялъул гIайиб.

Украиналъул рагъулаз абуни лъазабулеб буго хамиз къоялдаса рузман къоялде жидер щуго солдат чIванин ва 23-яв лъукъанин сепаратистаз ракетабиги гIарадабиги кьвагьиялъул хIасилалдайин.

Араб соналъул апрелалдаса нахъе халат бахъунеб бугеб гьеб конфликталда гьанжеялде хун вуго 5100 чи.

XS
SM
MD
LG