МагъчIваялъе рес

Журналистал цIуниялъул Комитет ATRалъе гьабулеб тIадецуялде данде


Журналистал цIуниялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб Комитеталъ Крымалъул нухмалъиялдаса тIалаб гьабулеб буго крымалъул татаразул ATR телеканалалъул хIалтIуе гьарулел квал-квалал хехгьабун чIезаризе.

Инсанасул ихтиярал цIунулезул лъазабиялда абулеб буго гьеб бугин лъидаго рачIел ва кколеб бугелъе критика гьабулел журналистал хIинкъизаризе тIобитIулеб кампаниялъул бутIайин.

Итни къоялда Симферополалда ярагъ борчарав анцI-анцI чияс сверун ккун букIана телеканалалъул офис ва гьениса рахъун ун руго документалги компьютералги.

Активистаз ва крымалъул татаразул жамгIияталъул вакилзабаз абулеб буго гьеб бугин крымалъул татаразе гьабулеб дискриминацияйин, гьебги хурхараб бугин гьезул цIикIкIунисел Россиялъ Крымалъе аннексия гьабиялде данде рукIиналдайин.

XS
SM
MD
LG