МагъчIваялъе рес

Франциялъ цIикIкIинабун буго терроризмалде данде къеркьеялъе биччан букIараб гIарац


Франциялъ 425 миллион долларалъ цIикIкIинабун буго терроралде данде къеркьеялъе биччан букIараб гIарац. Терроризмалде дандечIарал пачалихъиял структурабазда рагьулеб буго 268 хIалтIул бакI.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна улкаялъул премьер-министр Мануэль Вальсица.

Гьесул рагIабазда, гьанже къварагIел буго исламистал рукIине бегьулев лъабазарго гIанав чиясда хадуб хал кквезе. Гьеб мурадалда гьединал хIалтIухъабазе чIезабизе ккола лъикIаб къай-матахIги ярагъги.

XS
SM
MD
LG