МагъчIваялъе рес

Пакистаналъул конституциялда гьарулел руго хиса-басиял


Пакистаналъул парламенталъ улкаялъул конституциялда гьарун руго хиса-басиял. Гьезда рекъон, рагъулал диванханабазда терроризмалда щаклъи бугел гIадатиял гIадамазда хурхун ишазул хал гьабизе рес буго. РакIалде кколеб буго президентас гьел хиса-басиязда гъоркь гъулбас тIасияб анкьалъ лъезе бугин.

Пакистаналъул нухмалъиялъ изну гьечIого яргъидгIуцIаразде данде тIоритIулел тадбирал кьваризаризе байбихьун руго 16 декабралда Пешаваралъул школалъе яргъидгIуцIараз гьужум гьабуралдаса. Гьеб мехалда чIван рукIана 142 лъимерги, 9 кIудияв чиги.
Гьелдаса хадуб нахъбахъун букIана диваналъул хIукмуялда рекъон чи чIваялъе лъун букIараб мораторийги.

XS
SM
MD
LG