МагъчIваялъе рес

Цин жанивги тIамун балагьулеб буго гIунтIизабизе гIайиб


НурмухIамадов Мурад
НурмухIамадов Мурад

ЦIияб соналъул байрам кIодо гьабиялде данде видео бахъаравин абулев НурмухIамадов Мурадил ишалда сверун диванханаялъул процесс 10 январалде нахъбахъун буго. Низам цIунулез гьеб хIукму бичIчIизабулеб буго НурмухIамадовас такъсир гьабиялъул хIужаби жеги ракIарун лъугIун гьечIин абун. Гьебго заманалда, цо-цо информалатаз гьев кIиго моцIалъ жанив ккун вугин абун тIиритIизарурал харбалги хIакъикъаталде данде кколарел ругин лъазабулеб буго гьез.

МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ къотIараб хIукмуялда рекъон, НурмухIамадов Мурад кIиго моцIалъул болжалаз туснахъ гьавизе вихьизавун вуго. Гьедин лъазабулеб буго «Кавказский узел» абураб информ-алаталъ. Амма гьеб инормация уяб гьечIин лъазабуна «Эркенлъи» радиоялъе «Черновик» газеталъул хIалтIухъанас. Гьес лъазабухъе, НурмухIамадовасе тамихI тIаса бищиялъул хIукму 10 къоялъ къотIизе кколеб буго диваналъ.

31 декабралъ кодоб кьвагьулеб алат батун ккурав НурмухIамадов Мурад ккколев вуго интернеталда тIибитIараб «Дагъистаниязул ЦIияб соналде бугеб бербалагьи» абураб видеоялъул автор. Амма гьеб видео сабалъун ккурав вукIиналда щаклъи кколин жиндирин лъазабулеб буго НурмухIамадовасул лъади Наиляца. Гьелъул пикруялда, гьедин букIун батани, Мурад гурелги тамихIалде ахIизе кколаанила. Жибго НурмухIамадовасухъ кодоб цIунараб кьвагьулеб алат батиги нахъияб къоялъ рокъоб бараб чIухьалъул хIасилалда гьенибги ярагъ батиялда щаклъи кколеб бугин лъазабулеб буго НурмухIамадовасул адвокат Зиявудин Увайсовас.

5 январалда тIобитIараб диван тIоцебесеб гуро букIарараб НурмухIамадовасул ишалда хурхун. Гьедин, кIиабилеб январалдаги нахъ бахъун букIана диваналъ хIукму къотIи.

ГьабсагIат низамцIунулел жалго ккун ругин захIматаб хIалалде, щайгурелъул чIухьбаялъул хIасилалда щаклъи кколеб букIиналъ. Гьеб ярагъ низамцIунулез рехун батани гьелги тамихIалде цIазе кколел рукIиналъин бицана «Эркенлъи» радиоялъе журналист МухIамад МухIамадовас.

МухIамад МухIамадов: « Сон МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналда тIобитIараб процессалда гьесул рахъалъ гьев лъалез ва нижеца, гьесда цадахъ гIемер саназ хIалтIарал журналистаз бихьизабуна гьесул кинал рахъал ругелали. Амма гIайиб гIунтIизабулеб рахъалъ лъазабуна гьесул тIалъиялда ругел чагIигун рухьенал рукIиналдалъун гьев тамихIалдаса ворчIизе рес бугин. Киналго хIикмалъана гьеб жо рагIидал. ХIакъикъаталда, гьез гьесул социалиял гьиназул хал гьабун батизе буго. Гьенир руго Мурад цо мухъалъул бетIергун чIараб сурат. Цойги сурат буго гьев цо цIар рагIарав гугарухъангун чIарав. Гьеб гIилла бачана гьез гьев рокъов туснахъ гьавун тезе бегьунгутIиялъе. Диваналъ хIукму къотIана 10 январалда лъагIан НурмухIамадовасул ишалда хурхун данделъи нахъбахъизе. Гьеб мехалъ лъагIан цIех-рехалъ киналгIаги шартIал мухIкан гьаризе ккола. ГьабсагIат жеги гьев туснахъ гьавиялъе хIукму къотIун гьечIо».

МухIамадовас баян гьабухъе, Россиялъул уголовияб кодексалда рекъон, къуваталъул идарабазул изну гьечIо 10 къоялдаса цIикIкIун чи гIайиб гIунтIизабичIого ккун тезе. Гьединлъидал, 10 къоялде гьесие хIукму къотIизе кколила. Кинаб гьеб хIукму букIинеб, рокъов туснахъ гьавун тей, яги туснахъ гьави , жеги абизе кIоларила.

Живго НурмухIамадовас диваналда лъазабун буго гьеб хIукму жиндие гурин къотIулеб бугеб, жиндир унтарай эбелалъе къотIулеб бугин. Гьев ккурав къоялъ эбелгун азарханаялде унев вукIун вуго.

Гьединго щаклъи кколеб бугила чIухь баялъул хIасилалда батараб ярагъалда. Жив ккунин 31 къоялъ, нахъияб къоялде, киназдаго жив ккун вукIин лъалеб букIанин. Гьеб мехалъ бараб чIухьалъул хIасилалда батун бугин лъималазул расанкIабазда гьоркьоб гьеб ярагъ лъураб къвачIа. ХIакъикъаталдаги, букIун батаниги жиндир рокъоб цIунараб ярагъ, гьеб бахчилаанин, бищун бихьулеб бакIаде рехун течIогонин лъазабулеб буго НурмухIамадов Мурадица.

Ахираб заманаялъ Дагъистаналда изну гьечIого ярагъ цIуниялда хурхун ккурал салафиязул къадар цIикIкIунеб бугин лъазабулеб буго экспертаз. Киналго гьел лъугьа-бахъиназдаги щаклъи кколеб бугила, гьеб ярагъги кквезе гIилла букIине рехараб батизе рес бугила.

XS
SM
MD
LG