МагъчIваялъе рес

Временныялдаса суратал

ЛъабгогIан моцIалъ халат бахъунеб букIана дагъистаналъул Унсоколо мухъалъул Временный росулъ хасаб операция. Гьениб лъазабун букIана контртеррористияб операциялъул низам. Росу сверун къала зазихарат телалъ. Росулъа цин нахъе ритIула киналго бихьинал, хадур гьениса нахъе уна хутIаралги. ЛъабгогIан моцIалъ гьенир Россиялъул аскараз чанцIулго тIад-тIад руссун чIухьал ралел рукIана гIадамазул рукъзабахъ. Росдал гIадамазул баяназда рекъон, чIухь баялда цадахъго аскарияз бикъулеб букIана босизе кIварабщинаб къайи, кIвечIеб хвезабулеб букIана. Гьаб заманаялда гьениб унеб буго росдае ккараб зарал лъазабулеб хасаб комиссия. Гьелъул баяназда рекъон, Временныялда биххизабун яги тIубанго пайдаялдаса бахъун буго 52 рукъ. Нижеца кьолел руго аскарал аралго росдал гIадамаз рахъарал жидер магIишаталъул суратал.

Цойги

XS
SM
MD
LG