МагъчIваялъе рес

Дагъистаналдаса Украиналде рахIмуялъул кумек


Донецкалда гуманитарияб кумек къабул гьабулел
Донецкалда гуманитарияб кумек къабул гьабулел

6 тоннаялдаса цIикIкIараб рахIмуялъул кумек битIун буго Дагъистаналдаса Украиналъул машрикъалъул рахъалде. Гьеб кколеб буго Дагъистаналдаса Украинаялде унеб кIиабилеб автоколонна. Республикаялъул тIалъиялъул баяназда рекъон, дагъистанаияз агъаз гьабулеб буго Украинаялда ругел гIадамазул.

15 декабралда МахIачхъалаялдаса Ростовалъул ракьалда бугеб Миллерово шагьаралде багъарана рахIмуялъул къайи тIад лъураб автоколонна. ГIорхъолъа арал лъугьа-бахъиназул министерлъиялъул баяназда рекъон, рахIмуялъул кумек Миллерово шагьаралдаса Украинаялде битIизе буго тIолго Шималияб Кавказалдаса битIулеб кумекалда цадахъ.

ГIаммаб куцалъ Шималияб Кавазалдаса Украинаялъе 43 тоннаялдаса цIикIкIун рахIмуялъул кумек битIулеб буго, гьелда гъорлъ 6 тоннаялдаса цIикIкIун буго Дагъистаналдаса битIараб кумек. Аслияб куцалъ Дагъистаналъ лъималазе къайи ва кванил нигIматал ритIанин баян гьабулеб буго ГIорхъолъа арал лъугьа-бахъиназул министерлъиялъул нухмалъулев КазимухIамадов Нариманица. Гьесул рагIабазда рекъон, дагъистаниязе бокьун буго кверчIвай гьабизе Украинаялъул гIадамазе. Хасго тIаде щолеб бугеб ЦIияб соналъул байрамалда цебе кIвар бугила Украинаялъул лъималазда байрам букIин ракIалде щвезабизе. Гьединлъидал, рахIмуялъул кумекалъул къайиялда гъорлъ ругила гьезие сайигъатал ва гьуинлъи.

РахIмуялъул кумек гьабизе хIукму гьабун буго Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас ва Шималияб Кавказалда ГIорхъолъа арал лъугьа-бахъиназул идараялъул нухмалъулев Николай Лютикица.

XS
SM
MD
LG