МагъчIваялъе рес

Украина: зулмуялъул статистика


5 сентябрялдаса байбихьун, 18 ноябрь щвезегIан Украиналъул машрикъалъул рахъалда 957 чи чIван вуго, ян лъазабуна хамиз къоялъ Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цIуниялъул идараялъул бетIер Зейд Раад Зейд аль-ХIусеница.

Гьес гьединго лъазабуна гIаммаб къадаралда гьениб халат бахъунеб рагъда чIван вугин 4317 чи ва лъукъанин 9921 чи.

Европаялда ХIинкъи ГьечIолъи цIуниялъул ва Рекъон хIалтIи гьабиялъул ГIуцIиялда цебе бугеб Украиналъул суалазул рахъалъ къукъаялъул вакил Хайди Тальявиница Венаялда букIараб данделъиялда лъазабуна Минскалда гьабураб маслигьаталъул къотIи-къай бугин цохIого цо нух рекъел тIад чIезабизе рес кьолеб.

Гьеб къотIи-къай чанги нухалъ хвезабулаанин. АхIвал-хIал нахъеги хIалуцинабизе бугони – гьелдалъун тIолго регионалъе кIудияб хIинкъи щвела, ян абуна гьелъ.

XS
SM
MD
LG