МагъчIваялъе рес

Гьаб нухалда халкъалъул цолъи полициялдаса бергьана


Рузман къоялъ МахIачхъалаялъул Венгерских Бойцов къотIноб бугеб мажгиталде рачIарал гIадамаздаги полициялъул хIалтIухъабаздаги гьоркьоб тунка-гIуси ккун буго. Гьелъул хIасилалда низамцIунулез 5 чи ккун вуго.

Гьеб кьал ккеялъе гIиллалъун кканила щибаб рузман къоялъ жанисел ишазул идарабазул хIалтIухъабаз щибго гIайиб гьечIел, рузманалде рачIарал гIадамал кколел рукIинила, гьебги чIалгIун,ццин бахъарал гIадамал гьаб нухалда полициялъулазде тIаделъанилан лъазабулеб буго гIадамаз.

31 октябралда МахIачхъалаялъул Венгерских бойцов къотIноб бугеб салафиязулин абулеб мажгиталъул кIалтIа низамцIунулездаги рузманалде рачIарал гIадамаздаги гьоркьоб тунка-гIуси ккун буго. Гьелъулъ 150 гIан чияс гIахьаллъиги гьабун буго.

Гьеб лъугьа-бахъи ккеялъе щиб гIилла букIарабали «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб киналъулго нугIлъун вукIарав МахIачхъалаялдаса Расулица.

Гьесул рагIабазда рекъон иргадулаб нухалъ низамцIунулел рачIун руго мажгиталде аскIоре ва гьенир ругел гIадамал кквезе лъугьун руго. Гьезухъе кквезе щварав жеги балугълъиялде вахинчIев васас дандечIей гьабизе лъугьараб мехалда полициялъулаз гьесде гIадамал кIотIинарулеб газ речIчIизабун буго.

Гьев васасул бадибе ун буго гьеб газ ва лъай-г1акълуялдаса ун вуго гьев. Гьедин беццлъизавурав гьев вас ахIдезе лъугьараб мехалда, гьеб киналдаго ццин бахъарал гIадамал тIаделъун руго низамцIунулезде.

Расул: «Гьев гьитIинав васасдде батIалъи гьечIого газ речIчIизабизе лъугьана гьев полициялъулав. Гьеб кинабго бихьун аскIоре ракIарана цойги мажгиталде рачIаралги. Ццинги бахъун гьел полициялъулазда тIад речIчIана.

Гьез ккун ине вукIарав васги нахъе вахъана низамцIунулезухъа. Гьеб мехалда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаздаги гIадамаздаги, рузманалде рачIаразда гьоркьобги ккана кьал.

Гьеб мехалда полициялъулал эххеде кьвагьдезе лъугьана, амма гIадамал нахъе къачIо. Гьезул цIакъго ццин бахъун букIана. Гьалаглъарал гIадамазул 150 гIанниги чи вукIун ватила гьенив.

Гьеб къокъаялъ полициялъул ГазЕль автомобиль бегизабуна, гьенир рукIарал цойги гьезул автомобилал чухI-чухIизаруна, ганчIал, кирпичал речIчIун хвезаруна гьел . Гьедин нахъе гъунин гьениса полициялъулалин абизе бегьула».

ГIадамазда чIалгIун бугила полицияги гьез гьарулел гIорхъолъа арал ишалги, гьединлъидал рес къотIиялъ лъугьанила гьел низамцIунулелгун рагъизейин бицана Расулица.

Гьел низамцIунулезда жидадаго гIайиб бугила, берцинго Аллагьасда цебе жидедаго тIадаб налъи тIубазе рузманалде рачIарал гIадамазе щибаб анкьица лазатбахъи гьабулеб букIинчIебани, гьеб тунка-гIуси кколароанин абулеб буго гьес.

Расул: «Щибаб рузман къоялъ киналгIаги документалги гьечIого мажгиталдеги рачIун гьенив цевеватанщинав чи кколе вукIана низамцIунулез.

Ккун полициялдеги рачун гьенир чанго сагIаталъ чIезеги гьарун, гьел лъил-щалали лъазарун, гьезул килщазул лъалкIал рахъун, цо-цоязухъа биоматериалалъул базаялда лъезе къваригIун бугин абуна хIацIцIу босун, хадуб суравалда релълъараб гара-чIвариял гьарун рукIунаан гьеб Венгерских бойцов къотIноб бугеб мажгиталде рачIунел гIолилал.

ГIадамазда гьеб кинабго чIалгIун букIана. Щайха гьеб базар гьезие къваригIун бугеб? Берцинго жидерго какде рачIун ратаниги, рузманалде рачIун ратаниги гьабулеб ишги гьабун нахъе ине бегьулел чагIазе, гьеб щинаб ахIи-хIур хIажат букIунаро.

Амма полициялъ гьарулел гIорхъолъа арал, къануналде данде кколарел ишал чIалгIун, гьезда бахъараб ццидаца дандечIей гьабуна гьаб нухалда гьез низамцIунулезде данде.

ЧIалгIинчIого кинха гьеб букIинеб, цоги кIигоги нухалъ гурелъул гьел ишал тIоритIулел ругел полициялъ, гьез шагьаралда ругел салафиязулин рикIкIунел мажгитаздаса ахираб бащадаб лъагIалица щибаб рузман къоялълъидал гIадамал ккун рачун унел рукIарал».

Гьединго Расулица бицана мажгиталда аскIоб низамцIунулездаги гIадатиял гIадамаздаги гьоркьоб кьал ккун хадуб полициялъул хIалтIухъаби гьениса нахъе анила ва гьоркьоб гIемер заман иналде гьенире рачIанила республикаялъул жанисел ишазул идарабазда тIадегIанал хъулухъазда ругел гIадамал.

Гьел лъугьанила жидеде гIайиб гьабизе, нуж щиб гьабулел чагIийин, кинин нужеда низамцIунулезде дандечIезе кIолебин гаргадизе. Гьеб мехалда гIадамаз абун буго кинила нужеда ва нужеца малъараб гьабулел хIалтIухъабазда къанунги гIадамазул ихтияралхи хвезарун хаклкъалъул рахIатхвезабизе к1олебилан.

Гьедин цоцада гIайибал чIван гуреб гьеб гара-чIвариялъул хIасил ккечIилан бицана Расулица. КIиабилеб нухалда тIад руссарал полициялъулаз щуго чи ккун унги вукIун вуго.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна гIадлу-низам хвезабизе хIалбихьиялда щаклъи бугев щуго чи ккун вукIанила 31 октябралда Венгерских бойцов къотIноб бугеб мажгиталдайилан.

Гьел щалали чIезеги гьарун, административияб тамихIги гьабун гьебго къоялъ риччан танилан. Гьеб къоялъ гIадамалгун дандечIвазе ун рукIарал полициялъул тIадегIанал хъулухъазда ругел хIалтIухъабазул хIакъалъулъги киналгIаги баянал кьечIо пресс-хъулухъалда «Эркенлъи» радиоялъе.

МоцIгIанаб заманалъ цебе гьеб Венгерских бойцов къотIнов бугеб мажгиталда дарсал кьолев, хутIба гьабулев вукIунев гIалимчи Надир-Абу-Халидги ккуна полициялъ. Гьесде изнугьечIого ярагъцIуниялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго.

Гьев динияв хIаракатчи кквеялдаса разигьечIез кIиго къоялъ МахIачхъалаялъул Кироавский мухъалъул полициялъул бутIаялда цебе акциял тIобитIана.

Гьел гIадамаз лъазабун букIана гьеб жал хьвадулеб мажгиталда цойгидаздаса батIияб жо щибго гьечIила, киса-кирего гIадин гьенирги ругила имамги, мажгиталде рачIарал гIадамалги. Гьенир лъицаниги я рохьоре айин яги хIукуматалде данде рахъайин абуларила.

ТIарикъат гуреб Исламалъул батIиял рикьалаби тIаса рищунин абун гIадамазе гьебщинаб рахIатхвей гьаби мекъи бугилан.

XS
SM
MD
LG