МагъчIваялъе рес

С.Аксенов: Крымалда татарал гурелги- славяналги камула


Россиялъ аннексия гьабураб Крымалъул администрациялъул бетIер Сергей Аксеновас дурус гьабуна – гьеб бащдабчIинкIиллъиялда хIакъикъаталдаги крымтатарал камулел цо-цо хIужаби рукIанин.

Аммаила, мухIкан гьабуна гьес, гIемераб къадаралда гьел камулел гьечIин. Хасго ункъго гурони татарав тIокIал тIагIун гьечIин.

Араб бакI лъачIого славяналги тIагIунел ругин мех-мехалъ, ян абуна аннексия гьабураб Крымалъул губернаторас хамиз къоялъ Москваялда тIобитIараб пресс-конференциялда.

Гьес гьединго тIаде жубана – цо-цо татарал Сириялде анин рагъда гIахьаллъи гьаби мурадалда. Крым татаразул цIикIкIараб къадар разияб гьечIо Крым Россиялъ аннексия гьабун букIиналдаса.

XS
SM
MD
LG