МагъчIваялъе рес

"Исламияб пачалихъалъул" исламистаз росдал гIадамазда цеве чIван вуго ункъго гIиракъалъулав


«Исламияб пачалихъ» абураб экстремистияб гIуцIиялъ рузман къоялда чIван вуго ГIиракъалъул журналист Раад МахIамад аль Азауи, гьесул вац ва цогиги кIиго гIиракъалъулав.

Гьелъул хIакъалъулъ France presse агентлъиялъе лъазабуна журналистасул гIагарлъиялъ.

«ГIорхъаби лъаларел репортерал» гIуцIиялъул баяназда рекъон, 37 сон барав Раад МахIамад аль Азауи хIалтIулев вукIун вуго Sama Salah Aldeen TV телеканалалъул операторлъун.

ЧIварал киналго рикъун рукIун руго цебесеб гьатIан къоялда Самарра шагьаралда. Гьел чIван руго гIадамазда цере Багъдадалда аскIобехун бугеб росулъ.

XS
SM
MD
LG