МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда истихар


Исламалъ ритIухъ гьабулеб къагIидайин абун ригьналги даран-базарги истихаралда рекъон гьарулеб гIадат баккун буго ахирал соназда Дагъистаналда.

ЭР-сан жиндирго цIар бицине разилъичIей гIолохъанчIужуялъ бицана жий ригьнаде анин кIиго нухалъ. КIиябго нухалъ диниял чагIаз абунин истихаралъ гьел ригьнал ритIун кколилан. Амма цIан къоялде ятIалъанила жий.

Истихаралъул иш гIицIго диниял чагIазул яги гIадатиял гIадамазул ишин тезе бегьилаан, гьанжегIагар цо магIарул мухъалъул нухмалъулес гьабураб лъазаби гуребани. КватIичIого гьенир рукIине ккола рищиязул кIиабилеб тур.

Гьедин бакIалъул нухмалъулес цояв кандидатасе малъа-хъвай гьабун буго кандидатура нахъе бахъизе, щайин абуни цо динияв цевехъанас гьабураб истихараялъ бихьизабун бугила рищиязда гьесул дандияв бергьине вугилан.

Палихъабийин, балъголъи лъалелин жидедаго цIарал лъурал гIадамаз ахираб заманалда Дагъистаналда балъго гьабулеб буго жидерго хIалтIи. Щайин абуни рохьилазул амираз гьабураб хIукмуялда рекъон гьел чIвазеги рес букIун.

Гьедин палихъабазулги, бер ккеларедухъин, квешлъиялдаса цIунизейин сабабал хъвалезул гIезегIан чи чIвана республикаялда хасго ахираб кIиго соналда жанив. Исламалда рекъон, палихъанлъи ккола ширк – диналдаса рикIкIалъи. Амма салафияз гурони, тIарикъатчагIаз мекъаблъун рикIкIунаро сабабал хъвай.

Исламалда жаниб буго истихара абулеб баянги. Гьеб ритIухъ гьабула кIиябго рикьиялъ – тIарикъатчагIазги салафиязги. ЧIумал рехун, яги какги бан, кIвар цIикIкIараб суалалъе жаваб бачIинабулеб къагIида ккола гьеб.

Истихара гьабулел чагIи гIезегIан ратулел руго дагъистаниязда гьоркьор. Аслияб куцалда гьеб гьабула ригьин битIун кколищали, мина-карт, яги автотранспорт босизе, ялъуни хIежалде ине бегьулищали лъазеги. Руго, масала, радал къватIире рахъиналде чIалгIадего гьеб гьабулелги.

Cасикьа гIалимчи МухIамадил ГIабдурахIимица бицухъе, дагъистанияз истихар гьабула кIиго батIияб куцалда – шаргIиябги жидецаго ургъараб къагIидаялдаги. Ургъараб къагIида кколин чIорал, яги чIумал рехун гьабулеб истихарин абуна гьес.

МухIамадил ГIабдурахIим: «Цо жо гьабизеги къваригIун, амма кIимагIиде ярай гIадин мун йигони, гьабула истихар. КIиго ракагIаталъул какги бан, Аллагьасде дугIаги гьабун, гьарула дуе мустахIикъаб, лъикIаб жо бихьизабейин.

Гьеб буго шаргIияб истихар. Бокьарав чияс жинцаго жиндиего гьабула гьеб. ГIиси-бикъинаб жоялъе гIоло гьеб гьабулелинги рукIунароха гIадамал. ТIарикъатчагIазул система буго чIумаздалъун истихар гьабулебги.

ПалхIасил, цо кIудияб хIукму гьабизе ккараб мехалда – ригьин гьабулелъул, сапар бухьунелъул битI кколищ-кколарищали бихьизе гьабулеб жо».

ГIабдурахIимица истихара чIумал рехун гьабизе бегьуларин абуниги, Буйнакскиялъул мажгиталъул дибир ГIабдукаримица ЭР-ялъе ритIухъ гьабулеб буго гьеб къагIидаги.

ГIабдукарим: «Аварагас как малъулеб гIадин тIадчIун малъулаанила асхIабзабазда истихаралъул какги. Гьелда бан кьучIаб хIадисги буго. Бажурийин абураб тIехьалда хъвалеб буго нусго соналъ цеве вукIарав Египеталъул Зайнул Азаралъул университеталъул ректорас абулеб бугила чIумазда гьабулеб истихар бегьулин абулелги ругила гIалимзаби».

Амма Хунзахъ мухъалдаса мугIалим ГIайшат ХIусеновалъ ЭР-лъе абуна гьеб бугин гIицIго диниял чагIаз жтоннеидерго къадру бахине, чагIи тIаде хьвадизелъун гьарулел жал.

ГIайшат ХIусенова: «Гьелда бараб жо букIунаро. Щайин абуни Аварагасухъе кьечIеб балъголъи Аллагьас гIадамазухъе кьоларо. Гьеб цо. КIиабизе бугони, нижер росулъ (Уздалросулъ) истихарги рехун гьарурал ригьнал данде ккечIоха.

Амма данде кколарин абурал ригьнал данде ккарал хIужабиги лъугьана. Масала, дир яцалъул ясалъул ригьин данде ккечIо.

Амма цIаларав чияс абун букIана истихаралъ битIун кколин бихьизабулеб бугила. Гьелъул абурав васас цойги яс ячана дова къватIиве араб бакIалъа, гъойги цогидасе ана.

ГIадамал махсароде кколеб жо буго гьеб. Жидехъего гIадамал рачIине, гьедин жидерго хIурмат цIикIкIине гьарулел жал руго диниял чагIаз гьел».

МахIачхъалаялдаса Мурад МухIамадовас ЭР-ялъе бицана гьанже республикаялда къанагIатги ватиларин цо нухалдагIаги истихара гьабичIев чи. Жинцаги гьабулила гьеб цо щибниги гьабилалде цеве щакдарулев вугони.

Мурад МухIамадов: «Эмен вукIаравани, инсудаги цIехелаан, лъида цIехелеб? Рехула истихар – Аллагьасда цIехеларищха… ГIиси-бикъинаб, масала, тукадаса чед босилищ-босиларищин абураб суалалъе гIоло рехулароха истихар».

Мурадица бицана жиндихъги гIенеккичIо яцалъ жиндирго яс кьунин росасе лъабго соналъ цее. Амма жинца гьелъие бадирчIваял гьарунила, истихаралда рекъон, гьеб ригьнае битI кколарин, ахирги ятIалъулин гьей.

Гьедин ятIалъизеги ятIалъанила яцалъул яс. Мурад МухIамадовас гьединго мисал бачана чуязда рекIине малъулеб бакI рагьизе къваригIун МахIачхъала бакьулъ ракь босизе ракIалде ккедал жинца гьабураб истихаралъулги.

Гьеб мехалда жиндие жаваб бачIанила гьеб босейилан. Амма шагьаралъул мэр СагIид Амировасулгун республикаялъул тIалъиялъулгун дагIбаги ккун, гьеб ракь бичун гьечIо гьесие. Истихаралъ мекъи бицун буго гурищинха дудаян абидал, гурин жаваб кьуна Мурад МухIамадовас. Гьеб бугила доб ракь босизе ине жив кватIиялъул магIна.

XS
SM
MD
LG