МагъчIваялъе рес

«Наккдалъ бахчун «варани» кидаллъагIан хутIилеб»?


Алмахъ росу
Алмахъ росу

30 сентябралъ чанго къоялъ цебе Казбек мухъалда лъазабун букIараб терроризмалде данде чIараб низам гьоркьоб къотIизе тун буго. Къуваталъул идарабаз гьеб низамалъул ва гьеб мухъалда тIоритIарал хасал тадбиразул кинаб хIасил ккарабали лъазабулеб гьечIо. Амма бакIалъул гIадамаз бицухъе хасал тадбирал тIоритIулаго, рохьов чIван вуго Алмахъ росулъа чи. Гьеб баян официалияб къагIидаялъ кисаниги къватIибе кьун гьечIо.

Анкьица цебе Россиялъул терроризмалде данде чIараб миллияб комитеталъ баянал тIиритIизарун рукIана Казбек ва Гумет мухъалъул гIурхъуда бугеб бакIалда изнугьечIого яргъидгIуцIарал ралагьулел ругилан. Гьелда хурхун цин гьеб кIиябго мухалъул гIурхъуда, хадуб тIолабго Казбек мухъалда хасаб низамги чIезабун букIана.

Итни къоялъ гьеб низам нахъе бахъанин абун лъазаби кьей гурони, гьел хасал тадбирал тIоритIиялъул хIасилазул хIакъалъулъ я цебехун рехсараб комитеталъ, яги цойгидал къуваталъул идарабаз киналгIаги баянал кьечIо.

Амма Казбек мухъалъул Алмахъ росулъа гIадамаз хасгьабун «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб хасаб низам лъазабиялъе гIиллалъун кканила жидер росдада аскIоб бугеб рохьов жидерго росулъа вас чIвай.

Гьезул баяназда рекъон рохьов изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялде тIадеги ккун гьез речIчIараб жоялъ чIван вуго Алмахъалдаса 44 сон барав Сахрудинов Саип.

Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялдаса Алмахъалдаса Расулица гьадин бицана.

Расул: «Алмахъалда аскIоб бугеб рохьор изнугьечIого яргъидгIуцIарал ругин абураб баян щун хадуб полициялъул хIалтIухъабиги цойги росулъа чанго гIолохъанчиги ун руго гьеб бакIалде. ЧIварав живгоги цеве полициялда хIалтIулев вукIарав гьанже, пенсиялда вугев чи кколаан.

Гьев тIоцеве ккун вуго гьел экстремистазде тIаде. Гьез хадур рачIунезде ахIун буго гьанир боевикал ругин, нуж тIурейин абун. Гьез речIчIараб гуллица лъукъарав гьев живгоги цо 500 метралъ гIан тIурун ворчIун вуго. Гьениб тIоцебесеб кумекги щун буго гьесие, букIаниги хун вугоха гьев».

Расулица бицухъе гьев Алмахъалдаса Сахрудинов Саип чIваялъул хIакъалъулъ киналгIаги баянал къватIир кьун гьечIо хасал идарабаз. ЧIварасул гIагарлъиялда тIалъиялъ гьеб информация кибениги кьогейин лъазабун бугин, гьединлъидал хIинкъун гьезги гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ щибго бицунеб гьечIин бицана Расулица.

Расул: «Гьев чIварасул гIагарлъиялъ гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ кибниги цIар бахъун гьечIо. Гьел тIалъиялъукьа хIинкъун руго. Дица гьелда хурхур баян кьелин абураб мехалдаги кьогейин рукIана гьел гаргадилел».

Цере-цереги гьединал хасал тадбирал тIоритIулел рукIаралищин гьеб мухъалдаса гIебеде, гIемерищин гьенир рохьахъ изнугьечIого яргъидгIуцIарал ругелин цIехараб мехалда Расулица «Эркенлъи» радиоялъе бицана, жидер росу Чачаназулгун гIорхъода бакI бугилан. Гьединлъидал чачаназул экстремистал ругин гьени рохьахъ рахчунин гьабун хасал тадбирал гьениса гIебеде чанги тIоритIулилан.

Сахрудинов Саип чIван 7 аниги цониги информалатаз къватIибе кьечIо гьеб информация. Полициялъул сордо-къоялда жаниб респубилкаялда лъугьа-бахъараб такъсирияб щибаб ишалъул хIакъалъулъ кьолеб хIисабалдаги гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ киналгIаги баянал ратичIо «Эркенлъи» радиоялъул мухбиралда.

Гьеб къватIибе щайин кьечIебилан цIехезе Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалде ахIараб мехалда гьезги баянал кьезе инкар гьабуна. Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакилзабазги цин гьев Сахрудинов Саип чIваялъул хIакъалъулъ жидеда щибго лъаларин абуна, хадубги тадсикъ гьабуна гьев чIван вугин, гьеб ишалда хурхун такъсиргьабиялъул ишги рагьун бугилан. Щайин гьеб информация къватIибе кьоларебин цIехараб мехалдаги гьез жаваб кьечIо. Гьединго киналгIаги баянал щвечIо «Эркенлъи» радиоялъухъе Алмахъ росдал бегавуласдасан ва чIварасул вацасдасанги.

Гьединго гьеб лъугьа бахъиналъул хIакъалъулъ цIех-рех гьабизе «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Казбек мухъалъул азарханаялъулгун. Гьенисан щварал баяназда рекъон речIчIаралъуб къан чIолеб гуреб, чорхолъ щун хадуб добе-гьанибехун унеб гулла речIчIун букIун буго чIварав Саипида. Гьесул ургьимес цIакъ тIе-тIезабун букIанин, гьелде тIадеги гIемераб биги чваххун букIанила ругъуналдаса, гьединлъидал операция гьабуниги гьев къадаралде щванилан бицана азарханаялда.

XS
SM
MD
LG