МагъчIваялъе рес

Ккурасде "балъгояб" гIайиб гIунтIизабулеб буго полициялъ


26 сентябралда Гъизилюрталда полициялъул минаялда аскIоре ракIарун рукIана Сахратула МухIамадовасул гIагарлъи. Гьез тIалаб гьабулеб букIана цебесеб къоялъул къаси викъун арав жидер вас кив вугевали жидеда лъазабеян.

Рузман-какдаса хадур Гъизилюрталда полициялда цере ракIарарал гIадамазда гьоркьоса Сахратула МухIамадовасул вац НигIматула тIаде къабул гьавуна полициялъ. Гьев къватIиве вачIинегIан балагьун чIараб гIагарлъиялда гьоркьоса ХIажимухIамад МахIмудовас ЭР-ялъе гьадин баян гьабуна гьеб хIужа.

ХIажимухIамад МахIмудов: «Нолъ (25 сентябралъул къаси) рачIун Сахратула МухIамадовасул рагьтIегун, машинаялда жанивги къазавун вачун ун вуго гьев. Лъабго-ункъо чи вукIун вуго гьев викъулев. Видеоги буго гьеб бахъараб. Дагьалъ дорегIан чIарал чагIиги рукIун руго, гьезие кумек къваригIаниян. Гьениб аскIоб бугеб тукадул бетIергьанги вуго. Гьесги бицунеб буго ккараб-таралъул. 610 номералъул, цIурдулги бецI гьарураб гIарцукьераб машина букIанилан абулеб буго досги. Гьедин гьел чагIи щалали цIехезе рачIун руго ниж гьанире, полициялде. ЦIех-рехалъул бутIаялдеги ун рукIана. Гьанир ругел цIех-рехалъул чагIаз абун буго гьел ругин МахIачхъалаялдаса низам цIунулел. Нижеда гьел щалали бицейин абураб тIалаб цебе лъолеб буго нижеца гьаздаса».

Камераялъ хъвараб
please wait

No media source currently available

0:00 0:01:17 0:00

Сахратула МухIамадов викъун иналъе гIилла жидеда лъаларин абулеб буго гьесул гIагарлъиялъ. Цебеккун полициялъул сияхIалдаги вукIинчIила гьев.

Полициялдаса къватIиве вачIингун викъун арасул вац НигIматула МухIамадовас гьадин бицана ЭР-ялъе.

Ккурасул вац НигIматула МухIамадов
Ккурасул вац НигIматула МухIамадов

НигIматула МухIамадов: «Нолъ (25 сентябралъул къаси) гIарза хъвана дица низам цIунулезухъе. ТIокIаб жоялъул кIвар гьабулеб гьечIо гьез. Жеги тIубанго рукIкIараб мехги букIинчIин, камерабазде бахъараб жоги бугин, нугIзалги ругин абуна дица гьезда. Гьев гIайибияв ватани, жанисаги жанив лъейин, амма гьесул лъадуца хиджаб чIвалеб батани, гьес жинцагоги къокъабго мегеж толеб батани, гьев чи къватIиве виччайин. Гьев вугин гIетIги тIун магIишат гьабулев чи. Жидеда щибго лъаларин чIун руго. КIвар гьечIо гьезие гьеб хIужаялъул. Камера бахъаралъулги гьечIо. Цояб машинаялъул номерал рихьулел руго гьенир, цогидаб кIигоялъул гьечIо».

НигIматулаца бицана жиндир вац викъун унев вихьигун, гьел чагIазда аскIове ун кIалъалев чиги вугин гьеб видеоялда, амма полициялъ сан гьабулеб гьечIин.

Сахратула МухIамадовасул гIагарлъиялда полициялъул нухмалъулел рукIана абулел, нужеца жидее квалквал гьабулеб бугин хIалтIизе, нахъе айин гьениса. Амма Сахратула МухIамадов ватизегIан жидеца митингал Гъизилюрталда гурелги, МахIачхъалаялдаги гьаризе ругин жаваб кьолеб букIана гIадамаз.

ПалхIасил, Гъизилюрталъул полициялдасан гьезие чIванкъотIараб жаваб щвечIо.

Жибго Гъизилюрталда гьабсагIаталда бугеб ахIвал-хIал рехсани, гIаракъи бичулеб букIунилан, гьенир тукаби руго кьвагьизарулел.

Гьединго 26 сентябралда ватун вуго Унсоколо мухъалъул Временный росулъа тIагIун вукIарав МухIамадзагьид абулев чи. ЭР-ялъ цебеккун бицун букIана гьеб росу низам цIунулез сверун кквеялъулги хъвай-хъвагIай гьабизе араб бакIалъа ункъо чи тIадвуссинчIолъиялъулги.

XS
SM
MD
LG