МагъчIваялъе рес

Столалда гъоркь рахчун тезе хъварал гIарзаби


Дагъистаналъул Пенсиязул фондалда
Дагъистаналъул Пенсиязул фондалда

Дагъистаналъул пенсиялъул фондалъул хIалтIухъабазда жал жидеего бокьун хIалтIудаса нахъе унел ругин абурал гIарзаби хъвазарун руго гьезул нухмалъиялъ 4 сентябралда. Гьедин бицунеб буго гьеб идараялдаса жидерго цIар абизе бокьичIел хIалтIухъабаз. Гьезулго баяназда рекъон, гIарзабазда гъоркь къо-моцI хъвагейинги лъазабун буго гьезда.

Пенсиялъул фондалъул нухмалъулес 3 сентябрялда гьединго, жалго жидеего бокьун хIалтIудаса нахъе унел ругин гIарзаби хъвазе гьарун руго мухъазда ругел пенсиялъул фондалъул бутIабазул нухмалъезда. Жакъа, гьединалго гIарзаби жидедаги хъвазе гьарунилан бицана гьениса чияс «Эркенлъи» радиоялъе. Гьединго гьес бицана жидеца гIилла щибин гьикъидал, тIалъи гьабулеб хIалтIудаса рази гьечIолъи бугилан абуннилан. Цо бичIчIулареб жо буго гьениб, щай гьел гIарзаби къо-моцI бихьизабичIого хъвазе гьарурали. Жидеда кколеб бугин гьеб бугин тIалъиялъул бокьарав чи бокьарав мехалъ хIалтIудаса махIрум гьабизе гьезул рес букIине гьабулеб гIадаб жо бугилан бицана цIар абизе бокьичIев пенсиялъул фыондалъул хIалтIухъанас.

Гьедино Пенсионияб гIуцIиялъул хIалтIухъанас бицана гьел хиса-басиял тIоритIиялъе гIиллаби кидаго рукIунилан, амма жидеего хIажалъараб мехалъ гурого тIоритIуларин гьел гIуцIиялъул тIалъиялъ. Жал руцIун рукIине колел ругила хIалтIудаса нахъе ине рес гьечIолъиялъ. Гурого жидерго ихтиярал цIунун къватIире рахъинаанила абулеб буго хIалтIухъабаз.

Пенсионияб гIуцIиялъул нухмалъулев Сайгид МуртазгIалиевас цебеккун лъазабухъе, байбихьун буго гIуцIиялда ришватчилъиялда данде хIалтIи гьабизе. Киналниги мухъазда гьабулеб хIалтIулъ аслияблъун букIине кколин къануназда рекъон хIалтIийиланлъазабун букIана гьес. Кинал къануназда рекъон жидеего бокьун хIалтIудаса нахъе ине гIарза хъвай бугебали бичIчIулеб гьечIо хIалтIухъабазда.

Гьанибго абизе ола дагьаб цебегIан 100ялдаса цIикIкIун хIалтIухъанасда гьединабго гIарза хъвазабунилан абураб жо гьересияб бугин чIезабун букIи пенсиялъул фондалъул пресс-хъулухъалъул вакил Альбина Сункулиевалъ. Гьелъул баяназда рекъон, гьеб букIун буго СагIид МуртузгIалиевасде рагIад рехизе биччараб хабар, амма жакъа нижехъе хIалтIухъабаздасан щварал баяназда рекъон, гьелда щаклъи кколеб буго.

Унгоги щиб кколеб бугеб пенесиялъул фондалдаяли бичIчIизе захIмалъулеб буго. Нижеца хал кквезе буго гьениб бугеб ахIвал-хIалалда хадуб. Гьанибго абизе кола гьединал къо-моцI хъвачIел гIарзаби хъвазари билълъун араб бугин къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда гъорлъ.

XS
SM
MD
LG