МагъчIваялъе рес

Киевалда эркен гьарун руго Россиялъул вакиллъиялъул хIалтIухъаби


Киевалда эркен гьарун руго Россиялъул вакиллъи цIунулел чагIи. Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул сайталда лъазабулеб буго, кIиявго россиялъулав нахъ вуссанин ватIаналдейин.

Украиналъул хIинкъигьечIолъиялъул Мажлисалъ россиялъул вакиллъиялъул хIалтIухъаби кквейялъе багьаналъун рехсолеб буго гьезухъ гранатаби рукIаналъул щаклъиялда.

XS
SM
MD
LG