МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда чIвана иргадулав низам цIунулев


Темирхан СалихIов
Темирхан СалихIов

8 августалъул радал Дагъистаналда чIван вуго МахIачхъалаялъул нухазул полициялъул нухмалъулев. Къуваталъул идарабаз рикIкIунеб буго гьев изнугьечIого яргъидгIуцIараз чIван вугилан. Ахираб лъабго моцIалда жаниб Дагъистаналда чIварал полициялъул офицерзабазул лъабабилев кколев вуго СалихIов.

Рузман къоялъул радал 8 тIубалеб гIадаб мехалда МахIачхъалаялда ГIахъущиясул къотIноб жиндирго рокъоса къватIиве лъугьунеб бакIалда чIван вуго МахIачхъалаялъул нухазул полициялъул бетIер хисулев СалихIов Темирхан.

Рукъалъул азбаралъуб чIезабун бугеб автомобилалде аскIове ине вукIарав полициялъуласде кьвагьдон руго щалали лъаларел чагIи. Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон гьезул лъабгояв вукIун вуго, гьел такъсирги гьабун чIегIераб приора автомобилалдаги рекIун тIурун унги руго.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ рикIкIунеб буго СалихIов Темирхан чIваялъе аслияб гIиллалъун гьев полициялъул хIалтIухъан вукIин бугилан.

Гьев чIварал чагIиги изнугьечIого яргъид гIуцIарал рукIиналда щаклъи буго цIех-рехчагIазул. 46 сон барав полковникасул чиналда вукIарав Темирхан СалихIов жиндирго цIияб хъулухъалде тIамун 4 къо ун букIун буго. Гьелде щвезегIан МахIачхъалаялъул нухазул полициялъул дежурнияб бутIаялъе нухмалъи гьабун вукIун вуго гьев.

Кавказский Узел сайталъул баяназда рекъон ахирисеб лъабго моцIалда жаниб Дагъистаналда чIварал полициялъул хIалтIухъабазул 7 кколев вуго СалихIов. Гьезда гьоркьор СалихIовги рикIкIун 3 полициялъул офицерги вукIун вуго.

Гьебго заманалда республикаялда изнугьечIого яргъидгIуцIаразулгун ккараб тунка-гIусиялъул хIасилалда лъукъун хутIун вуго полициялъул 2I хIалтIухъан.

Гьел чIварал офицеразда гьоркьовго вукIана цеве Гъизилюрталъул ва Хасавюрталъул полициялъул бутIабазе нухмалъи гьабулев вукIарав, хадув республикаялъул экстремизмалде дандечIараб центарлда хIалтIулев вукIарав полициялъул подполковник Салимгереев Айтемирги.

Санкт-Петербургалъул пачалихъияб университеталъул гIелмияв хIалтIухъан, тарихчи, социолог, Дагъистаналда лъугьун ругел диниял рикьалабазда тIасан ва гIадамазул тIалъиялдегун, къуваталъул идарабаздехун бугеб бербалагьи лъазабизе гIелмиял хасал цIех-рехал тIоритIулев ХIасанов Игорилгун букIараб гара-чIвариялда «Эркенлъи» радиоялъе гьес бицана гIемерисел дагъистаниял лъугьун рукIунила цохIо гIадатиял полициялъулал рукIиналъ чIвалел ругин гьел низамцIунулелин абун.

Гьеб пикру мекъи бугила, цохIо низамцIунулезул формаги ретIун хьвадунин абун чи чIваларила, жидедехун халкъалъул рокьукълъи бижизабилеб гуреб хIалалъго хьвадулел гьечIила гьанже къуваталъул идарабазул хIалтIухъабийила.

Гьезда кколеб бугила жал кодобе ярагъги кьун, формаги ретIун жидее бокьахъин хьвадизе тарал чагIи ругилан.

Гьез букIине кколеб хIалалъ жидерго хIалтIи гьабулеб букIарабани халкъалъулги гьездехун лъикIаб бербалагьи букIунаанилан.

Гьанже гIемер гьел рихиналъ гIемерисезе гьел чIваниги гьез изнугьечIого яргъидгIуцIарал чIваниги расги къварилъи гьечIила.

Гьедин къимат гьечIеб бакIалде ккезабун бугила жалго низамцIунулез жидерго хIалтIиги гьелда хурханщинабгийилан.

Гьединго ХIасановас абулеб буго низамцIунулез цониги изнугьечIогояргъидгIуцIаразда хурхараб иш букIине кколеб хIалалъ рагьун букIарабаниги гьездехун батIияб бербалагьи букIунаанила гIадамазулилан.

Гьез щибниги диван гьабичIого чIван реххулел ругила гIадамал, цохIониги нухалъ букIине кколедухъ гьел рохьилал кквезеги ккун, гьез гьабураб такъсирги чIезабун, диванги гьабун букIарабани гIадамазул къуваталъул идарабаздехун батIияб бербалагьи букIунаанилан.

ХIасанов Игорь: «Дун цIакъ гIажаиблъизавун вукIуна кколебщинаб жо ккун хадуб цIех-рехчагIаз цебего лъан рукIарал гIадинги гьарун, такъсиралда хурхарал кинал рукIаниги кIвар бугел далилал цере рахъун рачIунел рукIиналъ.

Дица цIех-рехал тIоритIулелъул цIакъго кIвар кьуна гьелде. ЧIван вахъарав чияда бокьараб жо тIадчIезабизе кIола, хасго Дагъистаналда. Амма гьедин гьабулеб жо букIунароха полициялъул хIалтIи.

Гьезие тIадежоялъе къваригIун букIуна жидедехун лъикIаб бербалагьиги букIине. Бокьа-бокьараб гьабизе бегьулин ккун букIуна Дагъистаналъул полициялъулазда, гьел гьедин тунги ругелъул.

Гьединлъидалха гIадамазда гьел къойидаса къойиде рихунелги ругел. Гьел цохIо жидеего гIарац гьабиялдаса тIокIаб жоялде регIулел гьечIо, гьезие я такъсирал рукIине кколедухъ рагьун къваригIун гьечIо, яги гьел дагьлъизариялъеги гьел букIине кколедухъ диваналде кьеялъеги щибниги хIалтIи гьабулеб гьечIо гьез».

ХIасановас гьединго рикIкIунеб буго гIагараб заманалда пачалихъалъ полициялъул хIалтIуде букIине кколеб кIвар кьечIони, гIагарал саназда жаниб халкъ низамцIунулезде данде бахъинецин бегьулилан.

Щибаб санайил гьарурал цIех-рехаз бихьизабулеб бугила санал анагIан полициялдехун бугеб рокьукълъиги, божигьечIолъиги цIикIкIун гурони дагьлъулеб гьечIолъи. Лъабго соналда жаниб 32% цIикIкIун руго жидеда полиция рихинабун бугин абулел дагъистаниязул къадар.

XS
SM
MD
LG