МагъчIваялъе рес

Къубасаев: «Дагъистаналъул бетIер унтилъун хутIулеб буго ракьул суал»


2014 соналъул бащадаб лъагIалида жаниб Дагъистаналъул монополиялде данде чIараб идараялъ бищун гIемер тIатинарун руго пачалихъалъе къваригIараб къайи-цIа босиялда хурхун къанун хвезабиялъул хIужжаби. Гьединго республикаялда ракьул суалазда хурхун къанун хвезабиги бищун цебесеб кьерда бугин бицана 4 августалда тIобитIараб хIисаб кьолеб пресс-конференциялда Дагъистаналъул монополиялде дандечIараб идараялъул нухмалъулес.

Итни къоялъ Дагъистаналъул монополиялде данде чIараб хъулухъалъул нухмалъулев Къубасаев Къурбаница тIобитIана гьес нухмалъи гьабулеб идараялъ бащадаб лъагIалида жаниб гьабураб хIалтIул хIисаб кьеялъулаб пресс-конференция.

Гьеб дандеруссиналда журналистазул гIемерисел суалал хурхун рукIана бензиналъул ва кванил нигIматазул багьаби рахиналда ва ракьул суалазда.

Къурбановас бицухъе монополиялде данде чIараб идараялъ исана тIатинарурал къанун хвезабиялъул цIикIкIунисел хIужжаби хурхарал руго пачалихъалъе къваригIараб къайи-цIа боси, ай госзаказал букIине кколеб къагIидаялъ тIурангутIиялда.

Къубасаев Къурбан: «Гьаб соналъул анлъго моцIалда жаниб Дагъистаналъул монополиялде дандечIараб идараялде пачалихъалъул заказал рукIине кколедухъ тIуралел гьечIолъиялда тIасан хъвараб 311 гIарза бачIана.

Гьел киназулго хал гьабун хадуб нижер идараялъ къанун хвезабиялъул 204 хIужжаги тIатинабуна. Гьеб къанун хвезабиялъе гIайибияв 15 чиги административияб тамихIалде цIана Дагъистаналъул монополиялде дандечIараб идараялъ.

Гьезда тIад 367 азарго гъурущ гIакIаги къотIун буго, гьеб гIакIадул 164 азарго гъурущ кьун бахъун буго гьел гIайибияз, хутIараб жеги кьезеги буго.

Гъоркьисалалде дандеккун исана гьел пачалихъалъул заказал тIураялъулъ гIадлу хвезабуразул къадар гIезегIан дагьлъун буго, гьелъ бихьизабулеб буго гIадамал къануналда рекъон хIалтIизе лъугьунел рукIин.

Амма кин букIаниги къанунал хвезариялъул хIужжаби жеги гIемер руго, бищун гIемер гьеб хвезабулеб буго жибго пачалихъалъги».

Гьединго Къубасаев Къурбаница нухмалъи гьабулеб идараялъ исана соналъул тIоцебесеб бащалъиялда монополиялдечIараб къанун хвезабиялда хурхун 60 иш гьабун буго. Гьел ишазул 75% гьарун руго пачалихъалъул идарабазда тIад.

Жибго монополиялде дандечIараб идараялъ рагьун руго гьезул 40 ниги иш, 5 гурони гIадамазул гIарзазда рекъон рагьун гьечIо.

ГIарзал хъван рачIинегIан чIоларила жал, жидеца гIадамал бетIергьанаб буго пачалихъияб идара букIан батIалъи гьечIого тIоритIулила гьенир халгьабиялин абуна Къурбановас.

Гьедин министерлъиялцин гьоркьор толарин жидеца, гьелъие мисаллъун бугила Дагъистаналъул буголъиялъул министерлъиялъ 31 азарго гектар ракьул мекъи бикьиялда хурхун жидеца гьезда тIад рагьараб ишилан абуна гьес.

Гьединго Къурабановас лъазабуна Дагъистаналъул бищун кIудияб захIмалъилъун хутIулел ругила гьел ракьуда хурхарал суалалилан.

Къубасаев Къурбан: «Бищунго гIемер нижеца тIатинарулел къанун хвезабиялъул хIужжабазул гIемерисел хурхарал рукIуна ракь ижараялъ кьеялда ва босиялда. Дагъистаналъул бетIерунтилъун бугин гьеб ракьул суалин абизе бегьула.

Бищунго гIемер гьеб ракьул суалазда тIасан гIарзал рачIуна ЦIияблак, Кули, ЧIарада, Гъарабудахкент ва Гъизляр мухъаздасан. Гьеб къанун хвезабиялъул бищун кIудияб гIайиб буго хIакимзабазда.

ЧанцIул абуниги, чан нухалъ гьеб идараялда тIад гIакIа къотIаниги, административияб иш гьабуниги щибго хIасил кколеб гьечIо.

Гьединлъидал нижее къваригIун буго Россиялъул монополиялдедандечIараб къануналда рекъон гьеб ракьул суал къануналда рекъон тIубачIев хIакимчиясда жиндаго тIад кIудияб гIакIа къотIизе.

Гурони батIияб къагIидаялъ гьабун гьез нижеца абураб жо гьабулебги гьечIо, гьез нухмалъи гьабулеб идараялда къотIараб гIакIаги гьаниса-добаса бакIарун, яги хIалтIухъабазухъа босун кьун, яги кьезего кьечIогоги тун, хIакимзаби жидерго хъулухъалдаса пайдаги босун бокьараб гьабулел рукIунел руго».

Пресс-конференциялъул ахиралда Къубасаевас гьединго лъазабуна жидехъе гIемер гIарзал рачIине лъугьун ругила самолеталъул билетазул багьаби рахиналдаса разигьечIезилан.

Гьеб гIарзазул халгьабизе ккани жидее хасаб информация кьезе кколила авиакомпаяз, амма чанцIул абуниги Дагъистаналде нахъе роржунел самолетал ругел компанияз гьел баяналги кьечIого гьезда тIад иш рагьун бугила монополиялде дандечIараб идараялъ.

Гьеб ишалъул цIех-рех лъугIун хадуб гурони халгьабиялъул хIасил кколарин лъазабуна Дагъистаналъул монополиялде дандечIараб идараялъул бетIер Къубасаев Къурбаница.

XS
SM
MD
LG