МагъчIваялъе рес

ЗахIмат бихьичIого рахIат бокьарал


ЦерегIан къояз 2 соналъул болжал кьун жанив тIамуна, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул чи хIисабалда, социалииял гьиназда хIинкъаби кьун , гIадамазухъа гIарац бахъулев вукIарав дагъистанияв. Рохьилазул цIаралдаса гIадамазухъа гIарац бахъи тIоцебесеб гуро бугеб Дагъистаналда.

МахIачхъалаялдаса 28 сон барав Рустам Рамазанов гIайибавлъун чIезавун вуго, интернеталдаса гIадамазе хIинкъаби кьун гIарац бахъиялъулъ. Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул прокуратураялъул пресс-хъулухъалъ.

Судалъ чIезабун буго, гьаб соналда жаниб Рамазановас социалиял гьиназда «Рохьил ритIухъав вац» ва «РитIухъав вах» абурал цIаразда гъоркь изну гьечIого яргъид гIуцIаразул цIаралдаса гIадамазухъе хъвадарун, гьездаса гIарац тIалаб гьабулеб букIин.

Жиндир такъсиразухъ Рамазановасе 2 сон туснахъалъул кьун буго, гьединго 40 азарго гъурущил гIакIа къотIун буго.

Рамазанов лъалез бицухъе, гьев вукIун вуго хIалел автоматазда гIемер гIарац хвезабулев чи.

Гьес хвезабулеб букIун буго инвалид йигей эбелалъе бачIараб пенсия, ахирги гIарац тIагIараб мехалъ, байбихьун буго интернеталдаса гIадамазе хIинкъаби кьезе. ХIинкъабиги кьолел рукIун руго жиндир гьудул-гьалмагълъиялдаса байбихьун гIагаразде гIунтIунги.

ЖамгIияв хIаракатчи МухIамад СултIанов-Барсовас, хас гьабун «Эркенлъи» радиоялъе, бицана гьеб бугин гIадлу гьечIолъиялъулги кинабго гьабизе биччаялъулги хIасил. Гьез мисал босулеб гьечIин лъикIаздасан, квешаздасан босулеб бугин.

Бищун хIалихьатаб, жидерго эбел-эменцин гьечIин гьединал гIолилазе мисаллъун. Гьезие мисаллъун лъугьунел ругин кинабго хварабщинаб жоялда ругел гIадамал. «Багьадур» Рамазановги, щибго къо бихьичIого гIарац щвезе къваригIарав, гьебго нухда ун вугин.

МухIамад Султанов-Барсов: «Гьеб буго хIасил, цо билълъун араб жо жидеего пайдаялъе хIалтIизабиялъул. Гьелдехун бербалагьи хисизабазе, гIолилазда гьеб квешаб нух букIин бичIчIизе кканани гIолеб гIелалда гъорлъ хIалтIи гьабизе кола. ТIоцебе байбихьизеги кола гьеб хIалтIи СМИялъ гьабизе, амма Россиялда жакъа къоялъ гьединаб хIалтIи кинабгIаги гьабулеб гьечIо».

Гьаниб абизе ккола гьедин, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул цIаралда гъоркь, гIарац бахъи Дагъистаналда тIоцебесеб гурилан. Гьедин 2010 абилеб соналъ , «Щунудаг» абураб сухIматал гьарулеб залалъул бетIергьан ГIумаров Жамалудинихъа гIарац бахъулеб букIун, цIех-рех гьабун ккурав ватана полициялъул хIалтIухъан Абсалам ГIалиев.

ХIинкъаби кьун гIарац бахъулел рикIкIаде унарин гIадамал ралагьизе , гьез лъалел-хъвалездаса байбихьулин. Аслияб къагIидаялъ гIолилаз рохьилазул цIаралдаса хъваялъе гIиллаги жинда бихьулин гIадамал гьезухъа хIинкъийилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ГIолилазул политикаялъул идараялда хIалтIулев вукIарав Лабазанов МухIамадица.

Гьесул пикруялда гьеб лъугIизе кканани гIадамаз хIинкъичIого лъазабизе ккола хасал идарабазде. ЦоцIул гьезие хилиплъани хадубги кьезе кколин бицана МухIамадица

МухIамад Лабазанов: «Интернеталдаса гIарац бикъи-бахъи гьанже баккараб жо гуро, гьелъул руго батIи-батIиял формаби, ахираб заманаялда тIолго Кавказалдаги Дагъистаналдаги гIемерал руго хIужаби гьедин гIарац бахъиялъул.

Аслияб куцалда гьеб гьабула наркоманаз, яги букмекеразул конторалда букIа, казиноялда букIа гIарацги лъугIун кIанцIизе бакI тIагIарал чагIаз.

Гьедин букIинчIого букIине щибав чиясда лъазе кола интернеталда хъвараб-тараб лъица хъварабали лъачIогон букIунарелъи. Гьелда тIадеги гIадамаз жалго цIунизе, хIинкъичIого лъазабизе ккола хасал идарабазде».

Гьанибго абизе ккола, дунялалда тIад интернеталда гьарурал такъсиразул хIасилалда,цо соналда жаниб 110 млрд долларалъул зарал кколеб бугин дунялалъулго экономикаялъе. Гьеб тарихги соналдаса соналде кIодолъун гурони гьитIинлъулеб гьечIин.

Алиса АЛДАШЕВА

XS
SM
MD
LG