МагъчIваялъе рес

Пачалихъалъул къанун хIалтIуларелъуб, жамгIияб къанун хIалтIизабизе ккола


Рутул росдал жамагIат
Рутул росдал жамагIат

Дагъистаналъул Рутул мухъалдаса I4 сон барай ясалда хIал гьабиялда щаклъи бугев I0 гIолохъанчи ккун вуго къуваталъул идарабаз. Мухъалъул гIадамаз бицухъе гьел гIолохъабаз кIиго къоялъ цо бакIалда жанийги тIамун инжит гьаюн йиго. Гьелдаса хадуб хIал гьабурай яс гIурулъе гъорлъе кIанцIун йиго, амма жеги гьелъул жаназа кодобе щун гьечIо.

Балугълъиялде яхинчIей ясалда хIал гьабиялда щаклъи бугев I0 гIолохъанчи ккун вуго полициялъ Дагъистаналъул Рутул мухъалда. Гьебго къокъаялда гъорлъ вукIарав жеги кIигояв валагьулевги вуго къуваталъул идарабаз.

Гьеб такъсир 13 июлалдаго ккун букIаниги 15 июлалъ гурони гьелъул хIакъалъулъ хабар къватIибе бачIун гьечIо. БакIалъул гIадамаз бицухъе гьей яс тIагIун йикIун кIиго къоялъ, гьей ялагьулел букIун буго гIагарлъиги. Рутул мухъалдаса СагIидова Заираца «Эркенъи» радиоялъе бицана гьей яс гIолохъабаз кIиго къоялъ цо бакIалда жанийги тIамун инжит йигилан.

СагIидова Заира: «Гьей яс ботIролъан унтарай йикIун йиго. Жибго Рутулалдаса гуреб аскIоб бугеб гьитIинаб росулъа ккола гьей. Кин гьей гьезухъе щвараялиги лъалеб гьечIо, росулъ гьелда сверун гIемер батIи-батIиял харбал руго.

Цояз абулеб буго гIолохъабазул цоясда цадахъ жиндиего бокьун ун йигин гьейилан, гьелдаса хадуб цойгидалги тIаделъун ругин гьелдейилан. Цойги гIадамаз абулеб буго гIолохъабаз жидецаго хIал гьабун цадахъги ячун цо бакIалде хъамун йиги гьейилан.

Гьедин щивниги вачIунареб гIадаб росдал рагIалда бугеб минаялда цебе гаражалъуйги чIезаюн цинциялги тIаделъун инжит гьаюн йиго гьей. КIиго къойидасан лъавудаса арай гьей росулъ нухлул рагIалде реххун тун йиго. Гьелда я йилълъине, я кIалъазе кIолеб хIал букIинчIин абулеб букIана гьей йихьараз.

Яс ятун хадуб полициялде лъазабун буго гьелъул гIагарлъиялъ. Гьединлъидалин лъабго къо ун хадуб гурониг гьей инжит гьаюн йикIиналъул хабар лъачIеб.

Ясалъ жинцаго бицун буго жиндиего кканщинаб. Гьелдаса хадуб полициялъ цо-цоккун ккуна гьел Рутулалдаса гIолохъабиги. Гьезда гьоркьорги школлъимал ругин абулеб букIана цин, амма гьеб хабар мекъи букIин лъана хадуб.

Гьеб такъсиралъулъ гIахьаллъи гьабунщинал руго гIурал гIолохъаби, чангиязул хъизаналги лъималгицин руго. Гьей ясги азарханаялдасаги йиччан рокъой йикIун йиго, амма сон тIагIун йиго гьей. ГIадамаз абулеб буго гьей гIурулъе гъоркье кIанцIун йигилан, амма жеги гьелъул я жаназа, яги жийго гьей ятун гьечIо».

Гьединго Заираца «Эркенлъи» радиоялъе бицана мухъалъул гIадамал кутакалда ццин бахъун ругила гьел гIолохъабазда. Гьединлъидал ясалда хIал гьабулезда гьоркьов вукIиналда щаклъи бугев, амма жеги кквезе щвечIев жеги кIиго гIоло гIолохъанчи валагьизе полициялъе кумек гьабулеб бугила гIадамазилан.

АрбагI къоялъул къаси Рутул мухъалъул полициялъул азбаралъуреги ракIарун, хIал гьабиялда щаклъи букIун ккурал, гьел гIолохъабазе кьварараб гIадлу гьабейин, нужеца гьабичIони жидеца гьабилин ахIи балел рукIун руго гьел.

Гьел чагIи росулъа нахъе къотIизе кколин цоял, гьезие жамгIияб диван гьабизе кколин цойгиялги лъугьун рукIун руго.

Гьеб лъугьа-бахъиналъ интернеталдаги цIакъ кIудияб ахIи-хIур бахъинабун буго. Фейсбукалда батIи-батIиял къокъабазда гьелда тIасан кIалъаял унел руго.

Гьенибги гIемерисез хъвалеб бугоан гьел чагIазе жамгIияб диван гьабизе кколила, халкъалда цереги рахъинарун суризаризе кколилан. Интернеталда хъвадарулез абулеб буго жидер божилъи гьечIила Россиялъул низамцIунулел идарабаз гьел такъсирчагIазе букIине кколеб тамихI гьабилилан.

ГIадамазул гьединаб божилъи гьечIолъи бижиялъе гIиллабилъун ругин абизе бегьула цересел саназги Дагъистаналда ккарал гьединал такъсиразухъ букIине кколеб тамихI гьабичIолъи.

Гьединазул цояблъун ккола 20I2 соналъ Гъарабудахкенталдаса 15 сон барай ясалда хIал гьабиялъул ишги. КIиго соналъ халат бахъунеб бугеб гьеб такъсиргьабиялъул ишаллъул жеги хIасил ккун гьечIо.

2012 соналъул июналъ гьей ясалъул эмен Нажмудинов МухIамаднабица ясалда хIал гьабиялда хурхун полициялде гIарза хъван буго.

Гьенир рехсон рукIун руго гьеб такъсир гьабуразул цIаралги, гIарзаги хIалае ккун чанго чи ккунги вукIана полициялъ, амма гIемер заман иналдего гьел киналго къватIире риччана.

Гьей ясалда хIал гьабуразул цояс МухIамаднабие ва гьесул хъизамалъе хIинкъаби кьун рахIат хвезабулеб букIун, ясалъул инсуца гьелда хурхун къуваталъул идарабазде гIарза хъван букIун буго, амма гьелъулги гьелдаго хадур гьеб ишалъул букIине ккоолеб хIалалъ хал гьабулеб гьечIин, такъсирчагIазе тамихI гьабулеб гьечIин абун МухIамаднаби Нажмудиновас хъварал гIарзазул хIасил ккун гьечIо.

Такъсир гьаби чIезабулел гIурал далилал гьечIинги абун гьеб такъсир гьабиялъул иш къазехъин букIана Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъги, амма Нажмудиновги гьесул адвокат МухIамадова Сапиятги хъвадарун гьеб иш къазе биччачIо, амма кIиго сон аниги гьелда хурхун цониги я ккурав яги жанив тIамурв чиги гьечIо.

XS
SM
MD
LG