МагъчIваялъе рес

Щив кколев ГIумар аль Шишани?


ГIиракъалъул ва Сириялъул территориялда аргъид гIуцIарал бусурбабаз исламияб пачалихъ лъазабун хадуб, Магърибалъул гIемерал информалатаз бицен гьабизе байбихьана гьеб цIибараб халифаталъул ва гьелъул бетIерлъун вахъарав Аба-Бакар Багъдадил хIакъалъулъ гуребги, гьез абухъего «Исламияб пачалихъалъул баккулеб цIва» ГIумар аль-Шишанил хIакъалъулъги. Щивха гьев кколев ва сундухъ гьединаб интерес бакканин гьесда бан?

ГIумар аль-Шишани ккола Гуржистаналдаса чачанав. Гьес ва гьесдаго цадахъ Совет Союзалъул рукIарал республикабаздаса Сириялде вачIарав 500-гIан чияс жигараб гIахьаллъи гьабулеб буго гьеб улкаялъул президент Башар Асадил хIукуматалъул аскариязде данде.

Associated Press агентлъиялъул баяналда рекъон июнь моцIалда Сириялда цо-цо асар кIудиял рагъулал церехъаби чIван хадусала Аль Шишани вахъине бегьула яргъид гIуцIарал бусурбабазул цIияв рагъулав цевехъанлъун.

Сириялда гIемерал чачанал рукIин гьедегIан гIажаибаб хIужа гурин, абулеб буго «Washington Post» газетаялда гьалкъояз къватIибе бахъараб цо макъалоялда. Чачан халкъалда лъикIалан лъалин щиб кколебали зулму. Къокъ гьабун рехсараб макъалоялда бицен гьабун буго 1991 соналдаса байбихьун гьениб багъарараб кIиго рагъалъул хIакъалъулъ.

Щайха жакъа гьел чачаназ жидерго рагъулаб хIаракатчилъи халат бахъунеб бугеб къватIисеб улкаялда, ян абураб суалалъе жаваб кьолаго «Washington Post» газетаялъул авторас абулеб буго, аслияб гIиллалъун ккун бугин глобалияб жигьадалде жидерго хурхен бугеблъи бихьизаби, гьелъулъ гIахьаллъи гьабун.

ГIемерисел гьединал чачанал Россиялъ халкхъаздагьоркьосеб цIех-рехалде лъазабун бугин, ялъуни къватIисел улкабазда гIумру гьабулеб бугин виза гьечIого.

Гьалеха рагъда гIахьаллъи гьабиялъ гъозие рес кьолеб бугин гьединаб хIинкъиялъукьа рорчIизе. Гъозул бугин лъикIаб рагъулаб хIалбихьи, ва гьеб хIалбихьи хIажалъизе бегьулин Сириялда бугеб дандечIеялда.

Сириялъул къеркьохъаназул коалициялъул Фронталъул пресс-секретарь ХIусен Насрица Associated Press агентлъиялъе интервью кьолаго абуна, чачанал ругин лъикIал рагъухъаби, ва гьениб гьезул кIудияб хIурмат гьабулеб бугин.

Россиялъул суалазул рахъалъан Гьарвард университеталъул эксперт Симон Сараджяница XIX гIасруялда Кавказалда букIараб рагъ ракIалде щвезабулаго, абулеб буго хIатта гIурус пачаяс къабул гьабунин Шималияб Кавказалъул бусурбабазул таваккаллъи ва бахIарчилъи. Гьеб гуребги – рехсолел руго Дунялалъул ТIоцебесеб рагъда Россиялъул армиялде гъорлъе унеб букIараб «ГIалхьулаб Дивизиялъул» рагъухъабазул гьунаралги.

Радикалиял бусурбабазул цо сайтазда дагьалъ цебе къватIибе биччана ГIумар аль-Шишанигун гьабураб гара-чIвари. Гьес абулеб буго живги жинда цадахъ ругелги жиндир заманалда Сириялде рачIанин Имарат Кавказалъул бетIер ГIумаров Доккул буюриялдалъун. Ва гьес хIатта гIарцул кумек гьабулаан дагьаб мехалъ.

Аммаила гьабсагIат жидеца гьа банин ГIиракъалъул ва Сириялъул территориялда лъазабураб халифаталъул бетIер Абу-Бакр Аль Багъдадие. Ва жидеца жигьад бачине бугин бусурбабазул киналго тушбабазде данде.

Исламияб пачалихъ щвалде щвараб къагIидаялъ гIуцIун хадусала жидеца киналго бусурбабаздаса тIалаб гьабизехъин бугин - щайдай нужеца нижгун цадахъ Исламияб пачалихъ базе хIаракат бахъичIебин гьикъун. Гьеб киналго бусурбабазул анищ гурищ?- ян абулеб буго ГIумар аль-Шишаница.

XS
SM
MD
LG