МагъчIваялъе рес

Эрдогъанида ракIалда буго президентасул рищиязда гIахьаллъизе


Туркиялда нухмалъиялда бугеб «РитIухълъиялъул ва цебетIеялъул партиялъ» лъазабуна жидер лидер премьер-министр Ражаб Эрдогъанида ракIалда бугин улкаялъул президентасул хъулухъалде рищиязда гIахьаллъизейин. Гьел тIоритIизе руго исана август моцIалда.

Эрдогъаница Туркиялъул хIукуматлъе нухмалъи гьабулеб буго 11 соналъ. Нухмалъиялда коррупция букIиналда сверун скандалал рукIаниги гьев хутIулев вуго улкаялда машгьурав политиклъун. Гьебго заманаялда руго нухмалъиялда гьес авторитарияб къагIида хIалтIизабулеб букIиналда бан гьев какулелги.

Партиялъул низамалъ гьанже гьесие рес кьолеб гьечIо цоги нухалда премьерлъун вукIине. 28 августалда хъулухъалда жиндир болжал лъугIулев Туркиялъул гьанжесев президент ГIабдуллагь Гюлидаги ракIалда гьечIо цоги нухалда гьеб хъулухъалъе гIоло къеркьезе.

XS
SM
MD
LG