МагъчIваялъе рес

Сириялъул авиациялъ ГIиракъалъул бакIазде гьужумал гьаруна


Гьаб анкьида Сириялъул гьавадул къуватаз ГIиракъалъул территориялде гьужумал гьаруна , ян лъазабуна ГIиракъалъул премьер-министр Нури аль-Маликица.

Гьесул рагIабазда рекъон Сириялъул боржарабаз тIаде-кIанцIи гьабун буго Эль-Кайм абулеб шагьаралда аскIор къеркбохъаназ чIей гьабулел бакIазде.

Аль-Маликица гьединго тIаде жубана, гьадинаб кьал багъаризе изну кьеян лъицаниги гьарун гьечIониги, Багъдадалъ лъикIаб ишлъун рикIкIунеб бугин «ГIиракъалъул ва Леванталъул исламияб пачалихъ» абулеб багъа-бачариялде данде.

XS
SM
MD
LG