МагъчIваялъе рес

Чияр рагIаби хIалтIизариялъухъ гIакIа - ЛДПРалъул инициатива


ГIурус рагIабазул бакIалда къватIисел пачалихъазул мацIазул рагIи хIалтIизабурав чиясда тIад гIакIа къотIизе рес букIине буго, нагагьлъун Пачалихъияб думаялъ Либералиябгун демократияб партиялъул депутатазул инициатива гIадахъ босун къанун къабул гьабуни. Гьеб букIине бугин гIантаб къанунин ва гIумруялде бахъинабизе цIакъ захматаб масъалайин рикIкIунеб буго гIалимчагIаз, лингвистаз.

Исана 1 июлалда Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатаз гьоркьоб лъезе буго гIурус мацIалда хурхараб къануналъул проект.

Культураялъул рахъалъ комитеталъ хIадурараб гьелда хъван буго рес букIаго гIурус рагIиги жибго тун, гьелъул бакIалда къватIиб пачалихъалъул рагIи хIалтIизабурав чиясда тIад гIакIа къотIизе бугилан. Масала, гIадатиял гIадамазда тIад – 2 – 2, 5 азарго гъурущ, юридикиял гIуцIабазда тIад – 40 – 50 азарго гъурущ.

Пачалихъияб Думаялъ хIадурараб гьеб къануналъул проекталда хадуб халккун бажаруларин, гьелъ хIасилги кьезе гьечIин рикIкIунеб буго Дагъистаналъул Ахакь росулъа Абакарова ПатIиматица (Учкент росулъ гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалимлъун хIалтIулей йиго гьей).

Абакарова ПатIимат: «Балагьея цо, гьелъул гIемераб ахIи-хIур букIинин ккола дида. Гьанже гIорхъабиги рагьун ругеб мехалда, гIолилалги хIалтIизе доре-нахъе рачIунел ругеб мехалда, гьанжелъагIан бичча-бихъан тун гIурус мацIги бугеб мехалда гьеб къануналъул проекталдехун бербалагьи квешаб букIина валлагь. ГьанжелъагIан киб букIараб Пачалихъияб Дума? Гъоб гIурус мацI гъоркьги тIамун, тIадги бан гьабулеб мехалда киб букIараб Дума? Гьелъ хIасил кьелаха, амма гъоб сагIаталъ гуребха, заманалдасан. Хъалиян цIаялда релълъараб къанун гьечIищ гьеб? Гьеб цIазе гьукъулеб буго, амма щибаб бакIалда хъалиян цIалел гIадамазда хадур лъугьунищ рукIунел? Кинан гъозда хадуб хъаравллъи гьабизе бугеб? Гьебго жоха гьаб къануналъул проекталъулги.

Масала, СМИязда хIалтIизабураб рагIи кквезе щела гъозухъе. Амма доба-аниб абураб жоялда щиб гьабилеб? Жидеего кьолеб харж ритIухъ гьабизе кколелъул депутатаз, гьединлъидал гIанта-гIантал жал ургъула доз зама-заманалдасан».

ХIакъикъаталда гIумруялде бахъинабизе захIматаб къанунлъун бихьулеб буго гьеб Дагъистаналдаса жамгIияб хIаракатчи, теологиялъул институталъул мугIалим Шамиль МухIидиновасдаги.

Шамиль МухIидинов: «Дир хIисабалда, билълъунареб къанун буго гьеб. Масала, социалиял сетазда абураб-тараб жо кквезе щвезеги бегьула, гурони гьадингосеб жоялда хадур лъугьин гIадин бихьулеб бугоха дида гьеб. Жакъа гьелъулъ гуро суал бугеб. Жакъа гIурус мацI битIун бицине ккола телевидениялдасанги, цогидалдасанги. Ингилис мацIалъул тIадецуй буго кибго. Рекламаги гьеб мацIалда буго. РетIел-хьиталда хъвай-хъвагIайги гьеб мацIалъ буго. Гьединлъидал депутатаз цебе лъолеб суал буго кьчIокье раккичIого, тIаса-масанго борхулеб суал, кьочIокье раккани, гIакIа къотIи гуреб, цойги жоги ургъизе бегьула гьелда хурхун».

Хунзахъ мухъалда ингилис мацIалда дарсал кьолей Лариса Мирзоевалъ рикIкIунеб буго Пачалихъияб Думаялъул депутатал мекъи ругин, гьелъ жинцаго рахъ кколеб буго ингилис мацIалъул.
Лариса Мирзоева: «Дида ккола гьел ритIарал гьечIилан. КъватIиса рачIарал рагIаби щай хIалтIизаризе бегьиларел? Гьедин батани, гIурус мацI тIагIиналда ракIчIунгIаги батила гьезул. Техникаялъул мацI бугоха гъоб гIемерисеб. Компьютеразе къваригIунеб буго. Гьбе гуребги, къватIиса рачIарал рагIаби берцини рихьун, гIурусалъул бакIалда гьел хIалтIизарулел чагIиги гьечIищха. Патриоталги ругоха, жидерго мацI цIунулел рукIунел. Амма дица рахъ ккола къватIиса рачIарал рагIабазул, рокьулаха дие гьел, щаяли лъаларо».

Хадубго Лариса Мирзоевалъ тIаде жубана жакъа къоялда гIурус мацIалда 10-15 проценталдасаги цIикIкIун ругила къватIиса рачIарал рагIаби.
XS
SM
MD
LG