МагъчIваялъе рес

Халкъ гимналъухъ гIенеккизе регIараб хIал гьабизе ккола


Дагъистаналъул халкъияб мажлисалъул ахирисеб данделъиялда республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница лъазабунаДагъистаналъул гимн чи хвараб мехалда бачунеб бакъаналда релълъун бахъунеб бугин. Гьединго хIакимзабазда тIасангIадатиял гIадамаз хъвалел гIарзаздаги релълъинабуна ГIабдулатIиповас Дагъистаналъул аслияб бакъан-къоно. Гьеб кинабгогихIисабалде босун гьелъул бакIалда цIияб гимн букIинабизе кколин лъазабуна Дагъистаналъул нухамалъулес.

Дагъистаналъул гимн хъван буго Дунялалдаго цIар рагIарав композиторЧалаев Ширваница. Гьев ккола гIемерал бакъназул, операзул, кучIдузул, кинофильмазе хъварал бакъаназул автор. ГIабдулатIиповас гьесул гимн цойги цIар арав Дагъистаналъул композитор Кажлаев Мурадица хъвараб бакъаналда, Расул ХIамзатовасул рагIабазда ахIулеб гимналде хисейилан лъазабун буго.

ГIабдулатIиповасул гьеб пикруялдаса разигьечIолъи загьир гьабулеб буго интернеталда хъвадарулел гIадамаз. Гьезул гIемерисез, Чалаевас хъвараб гимналда щибго багьана гьечIин рикIкIунеб буго.

Дагъистаналъул лъайкьеялъул министрхисулей ва журналист Муслимова Миясатица «Фейсбукалда» хъвалеб буго берцинлъиялъул ва гьайбалъиялъул рахъалъ Дагъистаналъул гимналде бахараб цониги гимн гьечIила. ГьединагIан кутакаб бакъан хъварав Чалаев Ширванилги хIалчIахъагиян. Гьединго Миясатица хъвалеб буго цохIо Дагъистаналъул бетIерасе дандеккечIогойин абун хисулеб жойищила букIунеб парламенталъ бищун букIараб гимн.

Гьебго гимн хисиялда тIасан МухIамад ГIумаров абурав чияс хъвалеб буго ГIабдулатIиповас жиндир республикаялъул гимн чи хвараб мехалда бачунеб бакъан бугин аби гьеб гимн инжит гьаби кколилан. Республикаялъул бетIерас гьединал рекъечIел жал рицине бегьуларилан.

Дагъистаналъул гьеб гимн гIадамазда кинаб жо бугебалицин лъаларин абун хъвадарулеб буго цо-цо халкъ. Гьеб лъалеб гьечIолъиялъул гIаламатгIадинаб жо ккана гьеб гимнхисиялъул бицине байбихьараб халкъияб мажлисалъул данделъиялдаги. Гьениб аппаратураги хIалтIичIого Дагъистаналъул ва Россиялъул гимнал риччан бажаринчIо. ГIабдулатIипов Рамазаница гьеб биччачIого жинца данделъи байбихьуларин лъазабураб мехалда депутат Шабанов МухIамадица микрофоналда цебеги ккун жиндирго планшеталдасан биччана Россиялъул гимн. Я гьесул гьениб, яги нусидаса цIцIикIкIун ругел цойги депутатазухъ батичIо гьеб Дагъисталъул гимн.

ГIадамазда Дагъистаналъул гимн кинаб жо бугебалицин лъаларила, гьединлъидал гьеб берцинаб бугищ гьечIищалиги къимат кьезе бажарулеб гьечIила гьезухъа, республикаялда гIумру гьабун вугев щивасда лъалеб гIадаб букIине кколила гьеб, лъазе букIине цо-цониги биччазеги кколилан рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи ва Кубачи росдал бегавул Куртаев Расулица.

Куртаев Расул: «Дагъистаналъул гимналъухъ гIенеккизе лъугьана дун гьеб хисизабизе кколин лъазабун хадуб. Гьелъул щал гIунгутIаби ругелали лъазе къваригIун букIана дие. Гьелде щвезегIан киданиги рагIунцин букIинчIо дида гьеб. Дун гIадинал чанги руго гIадамал. Дида ракIчIун абизе кIола жеги гIумруялда жаниб цониги нух нилъер республикаялъул гимн рагIичIел гIадамал кигIан бокьаниги ругин нилъер гьанирилан. Нилъе гьанир тIоритIулел чIахIи-чIахIиял спортивиял къецаздацин рагIичIо дида гьеб. Хъулухъчи хIисабалда дидацин лъалареб гьеб гимн, гIадатиял гIадамазе гьелъул ургъелго батиларо. ГIенеккизе бокьилеб гIадаб гимнги гьечIо нилъер, гьеб буго чIамучIаб, рекIелъе къварилъи бачIинабулеб бакъан-къоно.

Гимн гьединаб букIине бегьуларо, гьелъ гIадамазул ракIал роххизаризе ккола. Гьелъул рагIабазги ватIан бокьизе ккеялъул хIакъалъулъ бицине ккола. Гьенир рехсон рукIине ккола цIаррагIарал бакIазулги, гIадамазулги цIаралги. ДунгIадин ахIи бахъарабго гимн балагьизе лъугьинчIого рукIине лъималазда школалдасанго малъизе ккола гьеб. ГьитIинго малъараб жо гьезда кIудиял гIураб мехалдаги ракIалда букIуна. Цебе Совет союзалъул гимн лъалаан гIадамасда хутIичIого, гьединго гьаб гимнги лъазабизе ккола. Гьелъул рагIаби хъварал тIанчал рикьун, гьел рагIаби ракIалдасан лъазарие тIамун батIи-батIиял къагIидаби ургъизе ккола лъималазда гьеб малъизе».

Гьединго Расулица абуна Дагъистаналъе цIияб гимн бищулеб мехалда гьеб цо чияс, яги хIатта парламенталъгицин гьабизе бегьуларила. Гьеб тIолабго халкъалъ бищизе кколила, гьанже гьелъие чанги ресалги ругила, интернеталдасанги тIубазабизе бегьулила гьеб гимн бищиялъул хIалтIи. Жиндицаго нухмалъи гьабулеб буго Кубачи росдал гимнги, гербги бищулеб мехалдаги Расулица росдал жамагIаталдаги, росу тун къватIир ругел кубачияздаги дандбан, гIадамазе бокьараб тIаса бищун букIун буго.

Гимн хисизабиялде щвезегIан чанги батIиял захIмалъабиги, масъалабиги ругин Дагъистаналда, гьел тIуралел рукIинчIого гьазие гимн щайилан абулеб буго МахIачхъала шагьаралъул музеялъул нухмалъулей Дадаева Заремаца.

Дадаева Зарема: «Дагъистаналъул буго берцинаб гимн, гьелъ дие лъикIаб асарги гьабула, гьеб марш гьечIониги кьучIаб, цIубараб бакъан буго. Гьелъулъ киналго нилъер миллиял хаслъабиги руго. Бугеб хIалалъ жибго гимнги тун цойги чара гьечIого тIуразе кколел суалал щай гьеб тIалъиялъ тIубаларел. КигIан бокьаниги руго гури нилъер гьанир гимн хисизабиялде щвелалда цере тIуразе кколел суалал. ГIадада хун ине буго нилъер халкъги, миллаталги. Гьел тIуразе кколел суалазда гьоркьор руго маданияталъул, адабияталъул, лъайкьеялъул суалал. Гьелде хасго кIудияб кIвар буссинабизе ккола. Гимнги цойгидабги хисизабилалда цебе, киналго цадахъ лъугьун гьел кIварцIикIкIарал тIуразаризе ккола цин».

Гьединго Дадаева Заремаца лъазабуна гимн букIунин абун цо-цо азарида гьоркьоб хIукуматалъул данделъабаздаги биччан лъугIулеб жо букIунарила. Гьеб гIадамаздаги, хасго гIун бачIунеб гIелалдаги рагIизеги лъазеги гIеме-гIемер биччазе кколила. Щибаб къойил радал школазда биччаниги лъикI букIинилан.

XS
SM
MD
LG