МагъчIваялъе рес

Интернеталъе жаваб кьолищ бакIалъул газетаз?


10 июналда Дагъистаналъул басмаялъулгун информациялъул министрас Хунзахъ тIобитIана мугIрузул мухъазул газетазул, пресс-хъулухъазул ва сайтазул нухмалъулезулгун данделъи. Гьелдалъун гьесие къваригIун буго бакIалъул нухмалъиялъе информалатаздасан гьарулел бадирчIваязе, ва какдариязе нухал къазе. Бугищха бакIалъул газетазул интернеталъе дандечIей гьабизе бажариги къуватги?

Басмаялъулгун информациялъул министерлъиялъ зама-заманалдасан тIоритIулел гьединал данделъабаз хIасил кьоларин абураб пикру буго жалго редакторазул. Масала, ЭР-ялъе гьединаб пикру загьир гьабуна Болъихъ мухъалъул газеталъул бетIерав редактор ГIандиса ГIумаханица. Жибго гьеб министерлъиялъулги гьечIин бакIалъул газетазе тIириги кIварилан тIаде жубана гьес.

ГIандиса ГIумахан: «БакIалъул газетазе гьелдаса (министерлъиялдаса) щибниги кумекги гьечIо, щибниги асарги гьечIо. БукIине ресги гьечIо. Щайгурелуъл бакIалъул газетазул кинабго бюджет буго бакIалъул нухмалъиялдасан. БакIалъул нухмалъулесул щибаб гали бихьизабулеб газета буго гьеб. Дица цебегIанго президентасухъе хъвараб кагътидаги абулеб букIана гIадамазе цIализе рокьун ратани, гьел газетал басмаялъулгун информациялъул министерлъиялъухъе кьейилан. Гурони цIализе жого букIунароха. Киналали данелъабийила, буюрухъалила рачIуна тIасахун. Цебе министерлъиялъухъа газета кьабизе кагъатгIаги щолаан. Гьанже щибниги щоларо. Гьаб гьабе, доб гьабеян абураб гIолебищ. Жидехъго кинабгIаги къуватги гьечIого, малъаризе лъугьунел руго».

Хунзахъ тIобитIараб гьеб данделъиялда бакIалъул нухмалъиялдаса байбихьун республикаялъул тIалъиялде щвезегIан нухмалъулезда хIарщ речIчIулеб бугила интернеталдасан, къваригIун бугила бакIалъул прессаялъ гьелда дандечIей гьабизе. Гьелда гъорлъе цIазе кколила блогералги. Гьединаб баян кьуна ЭР-ялъе гьеб данделъиялда гIахьаллъарав ЛъаратIа мухъалъул газеталъул бетIерав редактор Ражабов Расулица.

Ражабов Расул: «Гъоб министерлъиялъул цо-цо хIалтIухъабазул пикруялда рекъон, хъубаб калам гьабулеб буго республикаялъул нухмалъиялде. Гьелда данде кIвараб хIалтIи гьабизе кколила муниципалиял нухмалъулезги гьезул прессаялъги. Гьелда гъорлъе рачине ругила блогералги. МагIарухъ цого куцалда хIалтIуларелъул киса-кибго интернет. Гьединлъидал гьелъиеги шартIал чIезарилин абуна гьениб».

Амма гьабсагIат интернеталда ругел батIи-батIияб информациязда дандечIей гьабун бажаруларин бакIазда ругел газетаздаян абуна ЭР-ялъе Болъихъ мухъалъул газеталъул бетIерав редактор ГIадиса ГIумаханица.

ГIандиса ГIумахан: «Релъизе рачIунел жал рицунел руго гьещ. Интернеталад хъвараб жоялде данде щиб кьелеб бакIалъул газетаз. Гьезул агитациялде дандечIей гьабизе я рес, я къуват гьечIо бакIалъулал газетазул. Интернеталда хъванщинаб жо цIалуларо бакIалда ругел газетаз. Масала, газета халкъалъ цIализеги къваригIун буго дие, бакIалъул нухмалъиялъ малъарабги гьабизеги кколеб буго дица. КIиго цIаялда гьоркьове ккарав гIадин вуго. Критикиял макъалаби халкъалъ гъираялда цIалула, бакIалъул нухмалъиялъ гьел кьезе риччаларо. Гьез лъеян абурал макъалаби халкъалъ гъираялда къабул гьаруларо».

Хунзахъ тIобитIараб данделъиялъул магIна букIана информация тIибитIизабиялъул иш тIаде кколев щивав чияс гьеб рахъалъ жинди-жиндир хIалтIи роцIцIинабизе кколин абураб.

XS
SM
MD
LG