МагъчIваялъе рес

КIиго кьвагьиялъул хIасилалда ГIиракъалда хун вуго 25 чи


ГIиракъалъул шималияб рахъалда бугеб Ниневия провинциялъул Аль-Мувафагия шагьаралда рузман къоялда кIиго автомобиль кьвагьизабиялъул хIасилалда хун вуго бищун дагь босун 25 чи, лъукъун вуго - 35.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго DRA абураб агентлъиялъ. Багъдадалдаса 400 километралъул манзилалда бугеб Аль-Мувафагия шагьаралда гIумру гьабун буго аслияб къагIидаялда тюрк мацIалъул шабак абураб халкъалъ. Гьел кколел руго шиитал.

Соналдаса цIикIкIун заманалъ ГIиракъалда щибаб къойилго гIадин гьарулел руго тIадекIанцIиял. Гьезул къурбаналлъун аслияб къагIидаялда кколел руго шиитал ва низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби. Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул хIисабалда, 20I3 соналда улкаялда зулмуялъул къурбанлъун вахъун вуго 9000 гIанав чи.
XS
SM
MD
LG