МагъчIваялъе рес

"Матвееский базаралдаса" Мухlамадовазе тамихl къотlана


Матвеевский базар, Москва, 30Июл2013.
Матвеевский базар, Москва, 30Июл2013.

Москва шагьаралъул диваналъ туснахъалъул 18 сон кьун буго МухIамадов Расулие 2-13 соналъул риидал Матвеевский базаралда полицияв чIвазе къасд гьабунин абун. Гьесул лъади ХIалиматие кьун буго 12-гун бащдаб сон,гьеб такъсиралъулъ гIахьаллъунин абун. Гьей тIамизе рагIула гIаммаб низам бугеб колиниялда.

МахIамадов Расулие ва гьесул лъади ХIалиматие диваналъ къотIараб хIукмуялда тIубан разиял гьечIо гьезул гIагарал. Гьезда ракIалда буго диваналъул гьеб хIукмуялда тIан гIарза хъвазеги. Гьедин бицана Эркенлъи Радиоялъе Расулов МухIамадил эмен Муртайица.
please wait

No media source currently available

0:00 0:01:53 0:00
Интернет-мухъ

Москваялда йичарулей дагъистанияй Хатиматил пикруялда гьеб кинабго буго жал ричаризе риччаралъухъ полициялъ тIалаб гьабулеб букIараб 500 азарго гъурущ Расуловаз кьечIеб мехалда гьезде данде полицияз жидецаго гьабураб иш бугин гьебан. Гьелъул пикруялда, кинабго дагIба байбихьиялъе гIиллалъун полициялъ вихьизавурав ХIалиматил гьитIинав вас хисарав вукIин базаралда вугевщинав чиясда лъалеб букIаниги ва гIайиб батанигицин психиатрияб азарханаялда вегизавизе кколев вукIарав гьесиегицин кьун буго туснахъалъул 14 сон.
please wait

No media source currently available

0:00 0:01:20 0:00
Интернет-мухъ

Туснахъалъуса эркен гьарун хадусанги гьез кIиго соналъ Дагъистан бахине бегьизе гьечIо ва моцIалда жаниб кIиго нухалда бакIалъул полициялда жалго гьенир рукIин бихьизабизеги ине кколел руго. Гьедин лъазабулеб буго ИТАР-ТАССалъ.

Полициялъулгун гьезул дагIба ккун буго гьезул гIагарав васасда 15 сон барай ясалъе жинсияб зулму гьабизе къасд гьабиялъул щаклъи букIун гьев полициялъ кколаго гIагарал гьесда нахъасан рахъи ва полициялъ гьев вачун ине квал-квалал гари. Гьез кьабурав полицияв азарханаялде ккун вукIана.
XS
SM
MD
LG