МагъчIваялъе рес

Кверде рачIарал яргъидгIуцIаразе цIияб диван


Изну гьечIого яргъид гIуцIарал ракълилаб гIумруялда ругьун гьарулеб хасаб комиссиялъул гарантизда гъоркь кверде рачIарал гIолилазе диваналъ къотIараб хIукму тамахаблъун рикIкIунеб буго Дагъистаналъул прокуратураялъ. Гьелда бан гIарза кьун буго Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналде. Щай гарантиязда гъоркь кверде рачIарал чиязе тамихI кьваризабулеб, кинал рукIине бегьулел гьединал тадбиразул хIасилал?

Дагъистаналъул прокуратура рази гьечIо дагьалъ цебе республикаялъул тIадегIанаб диваналъ изну гьечIого яргъид гIуцIаразул анкьго гIолиласе къотIараб хIукмуялда. Адвокат Къадиев Расулил рагIабазда рекъон, прокуратураялъ рикIкIунеб буго гьеб тамихI тIубан тамахаб бугилан ва гьелда бан тIадегIанаб диваналде гIарза кьун бугилан. I4 маялда Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналъ хIукму къотIана изну гьечIого яргъид гIуцIарал ракълилаб гIумруялда ругьун гьарулеб хасаб комиссиялъул гарантиязда гъоркь кверде вачIарав анкьго чиясе. Гьел ккола Тахмезов Фахрудин, Амиров Темирлан, ГIисаев Арсен, МирзамухIамадов Нариман, МахIмудов Заур, Агъаширинов Замир ва ХIажимусаев Тельман. Диваналъ хIукму гьабун букIана гьезие лъабго соналдаса бахъараб, 15 соналде щвезегIан туснахъ къотIизе. Яргъид гIуцIаразда гIунтIизарулел гIайибал рукIана батIи-батIиял: ярагъ бичи, гIарац бахъи, полициялъул хIалтIухъаби чIвай ва гь. ц.

ТамихI къотIулаго диваналъ хIисабалде босун буго гьел чагIи жидеего бокьун, хасаб комиссиялдаги божун кверде рачIун рукIин. Гьелда бан къотIун букIун буго тамихIги. Амма прокуратураялъ гьабураб гIарзаялъ кьучIдаса босун хисизабулеб буго кинабго. Изну гьечIого яргъид гIуцIарал ракълилаб гIумруялда ругьун гьарулеб комиссиялъул хIалтIи пайда гьечIеблъун гьабулеб буго гьезие къотIулеб тамихI хисизабуни. Рехсараб комиссиялда тIаса ва гьелъул хIалтIул бугеб пайдаялъул хIакъалъулъ "Эркенлъи" радиоялъе бицана жамгIияв хIаракатчи, философиял гIелмабазул кандидат Зухумов Зухумица.

Зухумов Зухум: "Байбихьудаса нахъего гьеб комиссия гIуцIиялъул пикру букIана щакаб. Лъалеб букIинчIо гьеб лъил пикру, кинал масъалаби гьезда цере ругел, кинал хIасилал рукIине бегьулел. ТIалъиялъ гьеб тадбир зама-заманалдаса буссинабула жидецаго жидее гьабулеб реццалда. Гьелъул хIалтIул бицани, гьелъул хIасил кколаро гьеб комиссиялда гъорлъ къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби ругебгIан мехалъ. МагIнаго гьечIо гьеб хIалтIиялъул. Ахираб соналда жаниб дида жеги рагIичIоха гьеб комиссиялъ кинабалиго данделъи тIобитIанин, масъалаби гьоркьор лъунилан ва лъие бугониги кумек гьабунилан. Гьаб ахирисеб хIужаялда балагьун бихьулеб буго, комиссия бугин гудринибе бараб тIатIи гIадаб жо. Гьездаги божун гIадамал рохьоса къватIире рачIунел руго, гьаниб абуни гьезие унго-унгояб тамихI къотIизехъин буго. Гьеб мехалъ комиссиялъул хIалтIул магIнаго кколеб гьечIо".

Прокуратураялъул гIарзаялда рекъон рехсарал гIолилазе тамихI кьваризабуни, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул комиссиялдаса, къуваталъул идарабаздаса ва тIубанго пачалихъалдасаго божилъи хвезе буго рохьилазул. Гьеб мехалъ щивниги чиясе бокьизе гьечIо ярагъ гIодоб лъезеян рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса адвокат НурмухIамадов Мурадица. Гьелдаго цадахъ, адвокатас рикIкIунеб буго, Россиялъул къануназда рекъон хIукму къотIани, гьел гIолилазе къотIизе ккола гIезегIан кьварараб тамихIилан бицана гьес. Амма, кIочене бегьуларин гьел жидеего бокьун ярагъги гIодоб лъун ракълилаб гIумруялда руссун рукIин. Цо-цо мехалда хадусеб букIиниселъул ва ракълиде гIадамал рачиналъул мурадалда къанунал тамах гьаризе бегьулаян тIадеги жубана гьес.

Изну гьечIого яргъид гIуцIарал ракълилаб гIумруялде руссинариялъул комиссия гIуцIун букIана 20I0 соналъул ноябралда, доб мехалъ вукIарав республикаялъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсаламил буюрухъалда рекъон. Гьениб гIахьаллъи гьабизе ахIун рукIана батIи-батIиял жамгIиял, диниял хIаракатчагIи. Жиб гIуцIаралдаса нахъе гьеб комиссиялъул хIалтIуда тIаса унел руго гIемерал бахIсал. Пачалихъияб думаялъулъул депутат Ризван Къурбановасул рагIабазда рекъон, комиссия хIалтIулаго тIоцебесеб соналъго гьенире рачIана ярагъ гIодоб лъезе бокьаразул нусгоялдаса цIикIкIун гIарза. Ахираб заманалда гьеб комиссиялъул хIалтIи дагьлъун буго.
XS
SM
MD
LG