МагъчIваялъе рес

«Амиров гIайибав гьечIин хIукму къотIизе таваккал къваригIуна»


Саид Амировасда ва Юсуп Джапаровасда тIад гьабулеб диваналда гIахьаллъизе вуго жеги 40 нугI. Гьедин лъазабуна иргдулаб процессалда Амировасул адвокатазул къукъаялъул нухмалъулев Владимир Постанюкица. Анкьго нугIасухъа сурав босана гьал къоязда ва гьез кьураял баяналда рекъон, Амировасулги Джапаровасулги гIайиб сундулъниги гьечIо. Гьединго гьеб диван хутIулеб буго блогераз борхулеб аслияб темалъун.

РакIалде щвезабила, цIех-рехалъул материалазда рекъон, Амировас къасд гьабуна Джапаровасул кумекалдалъун Пенсиязул фондалъул Дагъистаналда бугеб идараялъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиев чIвазе.

«Стрела-2» абураб зенитно-ракетнияб комплексги хIалтIизабун МуртазагIалиев жаниб вугев самолет кьвагьизабизе ракIалда букIанин Амировасдаилан рикIкIунеб буго цIех-рех чагIаз.

Гьезул баяназда рекъон, МуртузагIалиев чIваялъе ярагъ боси Хасавюрталъул прокурорасул кумекчи МухIамад ГIабдулхIалимовасда тIадкъан буго Амировас.

ГIайиб гIунтIизабулезе диван гьабулеб буго Ростов-на-Донуялда бугеб Шималияб Кавказалъул рагъулаб диванханялда.

Ахирисеб данделъиялда баянал кьуна МахIачхъалаялдаса хIакимаз, халкъияб мажлисалъул депутатаз ва гь.ц.

Шагьаралъул парламенталъул депутат МухIамад МухIамадрасуловас абуна жинда Амиров лъалин лъикIав мэр хIисабалдаилан. Депутатас абуралда рекъон, Амировасул МуртузагIалиевасулгун гьоркьолъаби рукIинчIо ва бикьизе жоги букIинчIо. МуртузагIалиевасул политикиял амбициял кинал рукIаралали жинда лъаларилан абуна депутатас.

Гьанибго тIаде жубала, цересел данделъабазда баянал кьолаго МуртузагIалиевас абун букIана гьесулги Амировасулги интересал дандечIварал батIи-батIиял политикиял ахIвал-хIалал рукIанин.

Амировасе жив щай чIвазе вокьун вукIаравали рехсараб чанги мисал бачана гьес. Гьелги, пенсиязул фондалъ МахIачхъалаялъул идарабазе гьарулел халгьабиял, Каспийскалъул мэрасул рищщиязда сверухъ хIаял, Дагъистаналъул преиздентасул креслоялда сверухъ къацанди ва гь.ц.

КIиабилев нугI Расул ГIалиевас – гьев ккола «Геопром» фирмадул нуъмалъулев хисулевлъун – абуна жиндир лъай-хъвай гьечIилан Амировгун ва жив «Союз правых сил» партиялда вукIарав мехалда МахIачхъалаялъул мэр жидеца Дагъистаналъул президентасул креслоялда вукIине кколев кандидатлъун вихьизавичIин.

НугIас гьединго бицана МуртазагIалиев жинда лъалин олимпияв чемпион гIадин ва пенсиязул идараялъул нухмалъулев гIадин. «Северный альянс» абураб политикияб къукъаялда тIаса жиндихъ информация гьечIин абуна ахиралда ГIалиевас.

РакIалде щвезабила, цIех-рех чагIаз рикIкIунеб буго МуртазагIалиев «Северный альянсалда» гъорлъ вукIанин ва гьеб къукъа Амировасда дандечIараблъун букIанин. Тарумовка мухъалъул нухмалъулей Марина Абрамкинацани диваналда абуна МуртазагIалиев альянсуалъул цевехъан вукIанин, амма живго МуртазагIалиев баянал кьолаго абун букIана жинда щибго лъаларин альянсалъул хIакъалъулъ.

Диваналъул процессалда сурав босана Перзият Багандовалъухъаги. Гьей ккола Амировасул чIужуялъул яцлъун. Цебе заманалда ей икIана социалиял суалазул министерлъиялъул нухмалъулейлъун, «Единая Россия» партиялда гъорлъги уней йикIана гьей.

Диваналда гьелъ абуна Амировасе МуртазагIалиевгун къацандизе гIилла букIинчIин, политикияб авторитет Амировасул цIикIкIараб букIанин. Жинца бицунеб уяб букIин бихьизабизеян Багандовалъ диваналде босун буго «Черновик» газеталъул ксерокопия.

«Газеталъ гьабулеб Дагъистаналъул политиказул рейтингалда рекъон, Амиров кидаго тIоцересел бакIазда вуго, МуртазагIалиевни рейтингалъул ахиралда вуго», - илан абуна Багандовалъ.

Дагъистаналъул халкъияб мажлисалъул депутат Мадер Канберовас диваналда бицана жинда Амиров лъалин 1999 соналдаса байбихьун ва жидер хIалтIул гурони цогидал гьоркьолъаби рукIинчIин.

Амировасдаги МуртазагIалиевасдаги гьоркьоб кинабгIаги политикияб дандечIей букIанищали гьикъана гьесда диванчияс. Канберовас жаваб кьуна жинда МуртазагIалиев спортсмен гIадин ва пенсиязул идараялъул нухмалъулев гIадин лъалин, амма политикияв цевехъан гIадин лъаларин.

Гьединго диваналда сурав босана мэриялда хIалтIулел рукIарал кIиго хIакимасухъа. «Горзеленхозалъул» нухмалъулев ХIажимурадовас абуна пенсиязул фондалда цере жидер идараялъул налъаби рукIинчIилан. Цониги идараялъул налъаби рукIинчIин пенсиязул фондалда цереилан мухIкан гьабуна хадуб вице-мэрлъун хIалтIулев вукIарав Баганд МухIамадовас.

Амировасул адвокат Владимир Постанюкица абуна «Эркенлъиялъе» диваналда тIаса жиндир батIаго гIарза гьечIилан ва гьеб къануназда рекъон бачунеб буго диванчагIаз.

Владимир Постанюк: «Гьеб уголовияб ишалда бищун гIажаибаб жо буго гьадинаб: юристазда щибго захIматаб жо бихьулеб гьечIо гьениб. ЦIализе лъикIав студент-юристас уголовияб гьеб иш биххизе буго, амма кинабго къануналда рекъон гьабулеб бугони.

ЦIех-рехалъул чанги гIунгутIаби руго ва диваналда гьел тIатунел руго. ДиванчагIазда гьабсагIаталда абизе жо гьечIо дир. Амма нижеца ихтиярал цIунулел гIайибал гьечIеллъи къануналъ бихьизабуниги ахIвал-хIал жакъа гьадинаб буго: Амировги Джапаровги гIайибал гьечIин хIукму къотIизе ккани таваккал къваригIуна».

Диваналъул иргадулаб данделъи тIобитIине ккола 26 маялда. Гьеб данделъиялда цIализе руго цIех-рехалъул материалал.
XS
SM
MD
LG