МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналда лъин кIанцIиялъул хIасилалда хун вуго 80 чи


Афгъанистаналъул шималиябгун магърибалъул рахъалда лъин кIанциялъул хIасилалда хун вуго 80-ялдасанги цIикIкIун чи. АнцI-анцI чи тагIун вуго киве ккаравали лъачIого.

Чвахун цIадазе гIоло лъеде гъоркье ккун руго Джауджан, Фарьяб, Сари-Пуль ва Бадгис абураб провинциязул территорияби. Рихун руго аза-азар рукъзал, хвезабун буго энергетикиял магистралал. Балагь ккараб бакIалда тIобитIулеб буго хвасарлъиялъул операция.

Губернаторазул цояв ГIабдул РахIман МахIмудица лаъазабуна, ахирисеб 30 соналда жаниб гьединаб тIабигIияб балагь букIинчIин гьеб регионалдайин.
XS
SM
MD
LG