МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналда чIван вуго лъабго медик


Кабулалда полициялъулас азарханаялда чIвана къватIисел пачалихъаздаса лъабго чи. Хадуб гьес речIана жииндагоги. Хваразда гъорлъ йиго кIиго чIужугIаданги. Руго лъукаралги.

Афгъанистаналъул нухмалъиялъул лъазабиялда рекъон, чIварал рагIула медикал. ТIадекIанцIи гьабураб азархана анкьго соналъ цебе кьун букIун буго Америкаялъул CURE абураб христианазул рахIмуялъул гIуцIиялъухъе.
XS
SM
MD
LG