МагъчIваялъе рес

Украиналъул Славянскалда ккун буго тунка-гIуси


Славянск шагьаралда "антитеррористияб операция тIобитIулеб мехалда кIиябго рахъалдаса рукIанин хваралги лъукъаралгиян" лъазабуна Украиналъул Жанисел ишазул министерлъиялъ.

Жанисел ишазул министрасул ишал тIуразарулев Арсен Аваковас Facebook - алда тараб хъвай-хъвагIаялда абулеб буго, "Россиялъул рахъ ккуразулгун букIараб тунка-гIусиялда чIванин Украиналъул чекистин, щугояв лъуканин. Цогидаб рахъалда кинал къурбанал ккаралали чIезабун гьечIин".

Гьесулго рагIабазда рекъон, "сепаратистазул рахъ ккуразул букIун буго азаргогIанав чи.» Украиналъул машрикъалда бугеб чанго шагьаралдаго гIадин, Славаянскалдаги Россиялъул рахъ ккурал гIадамаз 12 апрелялада штурм гьабун буго полициялъул бутIабазул.

Украиналъул информалатазул лъазабиязда рекъон, 13 апрелалда ккун буго Мариуполалъул мэрия.

Машрикъалъул рахъалда загьирлъулелъул гIайиб Украиналъ гIунтIизабулеб буго Россиялде, низам хвезабиялъул актал гьелъ гIуцIулел ругинги рикIкIун. Россиялъ Киев ахIана улкаялъул машрикъалда къуват хIалтIизабиялдаса инкар гьабиялде.
XS
SM
MD
LG