МагъчIваялъе рес

Украина кIалъа-басаязде хIадураб буго


Украина-Россия-Евроцолъи-НАТО абурал ункърахъалъулал кIалъа-басаял гьаб гIагардисеб анкьида тIобитIизе рес бугин, лъазабуна мухбирзабазде Украиналъул къватIисел ишазул министерлъиялъул информационияб департаменталъул бетIер Евгений Перебейнисица.

Гьел кIалъа-басаязда гьоркьоб лъолеб суал – Украиналда бугеб ахIвал-хIал.

Перебейнесица гьединго тIаде жубана – гьединаб тадбиралде Украина хIадураб бугин гьел кIалъа-басаял кIирахъалъулал рукIа, ялъуни ункърахъалъулал рукIаилан.
XS
SM
MD
LG