МагъчIваялъе рес

С.МухIамадов: тIаде вахъине-цин гIодов речIчIизе ккола


Дзюдаялъул рахъалъ Европаялъул кIицIул чемпион дагъистанияв МухIамадов Сиражудин гьал къоязда цеве вахъание ккола Туркиялда тIобитIулеб турниралда. Олипиадаялъул медаль хутIизегIан цоги киналго медалал щун руго жакъа Сиражудиние.

Дзюдаялъул рахъалъ Европаялъул кIицIул чемпион дагъистанияв МухIамадов Сиражудин гьал къоязда цевехъане ккола Туркиялда тIобитIулеб турниралда. Олипиадаялъул медаль хутIун хутIарал къецазулъ киналго медалал щун руго жакъа Сиражудиние. ГIемерал хабарал рукIана 2012 соналъ Лондоналда тIоритIарал Олимпиадаялъул хIаязда гьев гIахьаллъичIолъиялда тIасан. Гьел ва цогидал суалазда тIасан гьесулгун гара-чIвари гьабуна нижеца гьал къоязда
МухIамадов Сиражудин ккола ЛъаратIа мухъалъул ЧIадаколоб росулъа. Гьесул буго 27 сон. 10 сон баралдаса нахъе гьев хьвадулев вуго Гъизилюрталда бугеб дзюдоялъул школалде. Сиражудин ккола кIиго нухалъ Европаялъул чемпионлъун. 2005 соналдаса нахъе гьев ругьун гьавулев вуго Явара Нева абураб клубалда.

ЭР: Щай дуца дзюдо тIасабищараб?

Сиражудин: «Дир кIиявго имгIалзабиги эменги рукIана гьелъие ругьун гьарулел. ИмгIалзаби хадур тренераллъунги рукIана. Инсуца хIукму гьабуна дун гьезухъе витIизе.Доб мехалъ дир букIана микьго сон».

ЭР: Гьеб мехалъ дуца хIисаб гьабулел букIаниш цогидал спортивиял тайпабаздаги гьелдаги гьоркьоб бугеб батIалъиялъул, мисалалъе эркенаб гугари ялъуни бокс тIасабищизеян хиял букIинчIищ дур, ялъуни дуе тIасабищизе ихтиярищ тун букIинчIеб?

Сиражудин «БукIинчIо лъицаниги дида гьедин абулеб. Дзюдо дие бачIинахъего рекIее гIуна, гьенир гIемер руго дие рекIее гIолел бакIал. ГьитIинаб мехалъго нилъ гIемер ккола кьерилалгун, азабаралда цадахъ гIумру гьабун ругел лъималгун рагъизе, гьенисаго бижараб интерес букIана дир дзюдаялдехун. Дзюдо дица рикIкIуна спортивиял тайпабазда гъорлъ бищунго берцинаблъун».

ЭР Микьго сон балелдеги мун спортзалалде щолев вукIун ватилаха?

Сиражудин: «Щолаан узухъда, дир эмен гьелде щвезегIанги самбоялъеги, эркенаб гугариялъеги ругьун гьавулев вукIана, амма дие бищунго дзюдо рекIее гIунаха, битIараб бицани эркенаб гугриги рекIее гIолаан, ракIалда буго лъагIалица эркенаб гугариялде хьвадана, ичIго-анцIго сон баралдаса байбихьана дзюдаялде хьвадизе
Школа лъугIун хадув дун ана гIолилазда гьоркьоб тIоритIулел олимпиадаялъул хIаязда гIахьаллъизе, гьел сабаблъун дун университеталде ворчIичIого хутIана, гьениса бергьенлъигун вуссарав дида абуна экзаменал кьезе кватIун бугилан, гьеб букIана 2003 сон.
Гьелдаса кIиго сон ун хадув дун ана чIахIиязда гьоркьоб тIобитIулеб дунялалъул чемпионаталда гIахьаллъизе. РакIалда буго доб мехалъ цадахъ рукIана Джафаров МухIамадги, ХIажимухIамадов Муслимги, дун гьезда гьоркьов бищунго гIолохъанав вукIана. 2008 соналъ гьел нахъе ана. Дун жеги вукIана цевевахъунев. Дир тIаде-тIадеги гъира цIикIкIунеб букIана дзюдоялде, батIи-батIиял турниралда цеве вахъине. Спорталда гъорлъги гьечIони 25 сон бан хадубги гIадада Гъизилюрталда чIун гьабизе жо гьечIеблъи бихьулеб букIана дида».

ЭР Гьабзаманалъ цIакъ захIматаб пишалхун рикIкIуна профессионалияб спорталда жанив хутIизею Дур кинаб бугеб пикру, мун рази вугищ гьелдаса?

Сиражудин: «Вуго, вукIинарищха. Иргадулаб бергьенлъиялдаса хадуб адреналин цикIкIуна дур чорхъолъ, мун пьедесталалда вахъун чIун вугеб мехалъ. Гьенив вахъун чIун вукIаго дуцаго дудаго абула жакъа цебелъураб масъала дуца тIубазабунин, ирга щванин хадуселдеян. ЦохIо гьеб пикру гьабизе гIологи вахине бегьула пьедесталалде».

ЭР: «Дзюдаялъул букIа ялъуни цоги кинаб букIаниги спортивияб тайпаялъул школа рагьизеян пикруго букIанищ дур?

Сиражудин: «БитIараб бицани дица Гъизилютралда рагьилаан Олимиадаялъул даражаялъул школа гьениреги ахIилаан ресукъал хъизамалдаса лъимал. Лондоналъул олимпиадаялъул чемпионал Мансур ГIисаевгун ва ТIагьир ХIайбалевасулгун дандбараб пикруцин букIана нижер гьединаб».

ЭР: Дуца абуна дур тIоцересел тренераллъун имгIалзаби рукIанилан, гьел нахъа рукIинчIелани кин кколеб дуда, захIмалъизе букIанищ дуе жакъа дуе щваралщинал бергьенлъаби росизе. Щайгурелъул цо-цо спортсменаз абула жинде мугъчIвай гьабизе гьавги гьавги чи вукIанилан?

Сиражудин: «Дие гьадинги щибниги бигьаго щвечIо бергьенлъиги цогидабги, гьеб цо КIиабизе бугони киназдехунго гьабулеб бербалагьи цого букIана дида цадахъ ругьун гьарулел цогидал спортсменазеги. Щивниги ватIа гьавичIо киданиги.
Байбихьуда нижер рукIинчIо киналгIаги шартIал дзюдоялъе ругьунлъизе. ТIоцебе Кизилюрталда дзюдоялде лъимал ругьун рагьизе байбихьараб мехалда, дир имгIалас бицуна, цо хасал гIадамазул минаялъуб цо рокъор рукIанин жинца лъимал ругьун рагьулелин. Гьел рукIун руго хадуб Россиялъул чемпионлъун вахъарав ХIажимухIамадов Муслимги гьесул вацги. Гьез гIумру гьабулеб букIараб цо рокъор рукIун руго гьел ругьун гьарулел байбихьуда. Гьедин байбихьун буго кинабго. Хадуб гьесие кьун буго гьитIинабго зал, гьенибни щибго букIун гьечIо мокърукь бараб биццатаб квар гурони. Гьелдеялде дзюдоялде хьвадулел лъималазул къадар I0-ялде бахун буго. Хадуб гьезие кьун буго "Локомативалда" цоги зал. Гьанже абуни дзюдоялъул залалда руго киналго шартIал, гьечIо лъимал.
Дида кколеб буго чи вакъун гьечIони гьев кIвахIалъулин. Вакъун вугони гурони гьесие вагъаризе бкоьулеб гьечIо.
Гьанже залалъуве вачIараб мехалда дида рихьула гьенир гIисинал гурелги 18-20 сон баралги лъимал. Бихьула гьезие щибго къваригIун гьечIолъи. Анкьицацин рокъов вукIине дие щвараб мехалда дица байбихьула залалда дидаго лъалеб гьезда малъизе. Уекъабилеб къоялде гьезул бащдалдаса цIикIкIун чагIи рачIунаро залалде. хадуб, дун нахъе араб мехалда рачIунел руго.

ГьитIинаб мехалда дица абиларо цо дзюдо гурони дир ботIролъ букIинчIин. Школалдаса вачIараб мехалда унаанха дун залалъуве. Амма гьеб мехалдаго дида бичIчIулеб букIана гьеб шагьаралдаса гIадамалъе вахъине дие бугеб цого-цо нух гьеб букIин.
Гъизилюрталдаса цоги шагьаразде ине байбихьараб мехалда дунялалдехун дир бербалагьицин хисизе байбихьана. Дие гьебги бокьана. Байрам букIана, гIодобкъо букIа-гьезухъ балагьичIого дун залалъув вукIунаан. Дие бокьун букIана гьениса ворчIизе.
Жакъа залалъуле рачIунел лъималгун халбар-кIал гьабула дица. Дица гьезул цо-цоязда гьикъула, мисалалъе 25 сон бараб мехалда щибин дуца гьабизе бугебин?
Щибго бокьун гьечIо гьезие. Гьанже мода бугелъул "къватIал рорцине"...

ЭР «Щибаб цевевахъиналде хIадурлъулаго дуца такрар гьалулел кинал рукIаниги рагIаби ругищ дур, кумек хIалае ахIизе хIалтIизабулеб?

Сиражудин: «Дида ккола щивав спортсменаз живго тIамулин сундухъниги балагьичIого цебелъураб масъала тIубазеян».

ЭР «БакIккун букIаго гьикъилин гIемер батIи-батIиял хабарал рукIана мун олипиадаялде вачинчIолъиялда сверухъги. Цого миллаталъул гIадамал гIемерлъун ругин гьенирилан, гьелъ вачун гьечIин абулеб букIана

Сиражудин «Рицунел хабарал миллион батIиял рукIана. Амма дун къуркьичIоха. Чанги чи барщун нахъе инаанха гьеб квеш букIун. Дида гIемерал лъалел хъвалезги абуна гьедин.
Дир эменги вукIана гьединаб хасияталъул чи. Дицаго дидаго абуна жеги цебе бугин дур олимпиадаян. Дир киналго медалал руго, гIицIго олимпиадаялъул медаль гьечIо, цохIо гьеб хутIана щвезе. Дица гьединго абула чиясе щибниги бокьун бугони, гьев мурадалде швечIого хутIуларилан. Доб Олипиадаялде ине дир хIаталдаса ун кIудияб мурад букIинчIеб къагIидаха, дун гьениве ине хъван букIун гьечIелъул. Гьениве ккечIелъиялъе гIайибияв дунго вуго. Дун дагьав хIалтIун ватила дидаго тIад..
Дида гьеб бичIчIана гьаб олимпиада лъугIун хадуб. Дур гIумруялда жаниб дуе рекIее гIечIеб щиб ккун батаниги гьелъие гIайбиявлъун мунго вуго. Диего цIакъго бокьичIони олимпиадаялде хIалица лъицаниги вачунаро, гIадада дие лъицаниги гIарацги кьезе гьечIо, дун лъикI ругьун гьавичIони пьедесталалда тIадги эхетизе гьечIо, кинабго бараб буго дудаго, къезеги ккола, тIаде вахъине кканиги мун гIодо ккезе ккола, гьелъулъ кIудияб магIна буго».

ЭР: Гьел рагIабазул гъорлъе ваккун кида дуца хIисаб гьабураб?

Сиражудин «Гьеб букIана 2010 соналъ «Гран При» турниралда. Дун къуна дидасаго гIемер гьитIинав спортсменасухъа. ГIодов речIчIидал дидаго квешго ракIхвана дир. Гьабгощинаб мехалъ ругьунги гьавун хадуб гьадин ккезе кканиян вукIана дунго дидаго. Гьелдаса хадуб дун тIадчIун ругьун гьавизе байбихьана ва Европаялъул чемпионаталда киназдасаго бергьана дун. Доб цебесеб турниралда гIодов ккечIеванин дун тIадевахъинароан гури?»

http://www.radioerkenli.com/media/video/25308202.html
XS
SM
MD
LG