МагъчIваялъе рес

«Гьаб - журналистикаялъул заман гуро»


Галина Тимченко, Лента.ру сайталъул йикIарай бетIерай оредактор.
Галина Тимченко, Лента.ру сайталъул йикIарай бетIерай оредактор.

Россиялъул адвокатазда кIвечIо Лента-ру абулеб цIар араб сайталъул бетIерав редакторасул ихтияр цIунизе. Гьалкъояз гьей хъулухъалдаса эркен гьаюна сатйалда Украиналъул хIакъалъулъ официалияб бербалагьиялде данде кколарел макъалаби къватIире риччан рукIиналъухъ.

Лента.ру абулеб сайт Россиялда рикIкIунеб буго битIараб информация тIибитIизабулеб информалатлъун. Буго гьеб сайталъул Твиттералда жиндирго гьумерги ва щибаб баян гьелда байбихьула «Хирияб редакция!» абулел рагIабаздаса.

12 марталда Твиттералда чIегIараб ишара тIамун буго.

Гьелдалъун редакциялъ жиндирго разилъи гьечIолъи бихьизабулеб буго гIемерал соназ бетIерай редакторлъун хIалтIулей йикIарай Галина Тимченко хъулухъалдаса эркен гьаюн йикIиналда ва гьелъул бакIалде Кремлалде гIагардисевлъун кколев Алексей Гореславский тIамун вукIиналда.

Гьеб хIужа ккедал Россиялъул информалатазул 80-гIан редактораз, мухбирзабаз ва администратораз гъулбасал лъуна хасаб кагътида гъоркь.

«Нижер хIисабалда Лента.Ру сайталъул бетIерай редактор хъулухъалдаса эркен гьайи – гьеб буго тIолго Россиялъул прессалде гьабулеб тIадецуй. Журналистазе хIалтIизе бакI гьечIолъи гуро аслияб проблема – аслияб проблемалъун ккола гIадамазе цIализе жо гьечIолъи» - ян абун буго рехсараб кагътида.

Тимченкоца Лента-ру сайталъе нухмалъи гьабулаан ахирисеб анцIго соналда жаниб. ХIалтIизе гьение гьей ячIун йикIана сайт рагьараб 1999 соналда.

Галина Тимченко хъулухъалдаса эркен гьаюн йIиго, ян гьелдаги редакциялдаги лъазабуна Россиялъул президент Владимир Путингун щулиял бухьенал ругев СУП абулеб кампаниялъул бетIергьан Александр Мамутица (рехсараб компаниялде гъорлъе унеб буго Россиялда цIар арал сайтал Рамблерги, LiveJournal-ги).

ГIиллалъун лъазабун бугоан Лента.ру сайталда Россиялъул официалияб бербалагьиялде данде кколареб интервью къватIибе биччай, ай – Украиналъул миллатчагIазул кваранаб секторалъул бетIер Дмитрий Ярошгун гьабураб гьара-чIвари. Гьес кIудияб роль хIана Евромайданалда.

Сайталъ гьединго кьун буго 2008 соналда рагьараб Ярошил профайлалъул линк. Профайлалда Ярошица абулеб буго «Москва – империялъул политика билълъанхъизабулеб бугин, ва Украина – рагъде буссинабун бугин тIокIаб чара гьечIого» ян.

Жибго профайл Лентаялда загьирабун гьечIониги, Роскомнадзор аьбулеб идараялъ гьеб риIкIкIана экстремизмалде бараб ахIилъун.

Хасго гьеб гара-чIвари багьанадуе босун Тимченко хIалтIудаса эркен гьаюн йиго. Лента-ру сайталъул мухбир Светлана Рейтерица абулеб буго редакциялъ тIалаб гьабун бугин Мамутгун ДандчIвай.

Светлана Рейтер: «Нижее бокьилаан лъазе - щай гьадинаб хехаб къагIидаялда гьединаб иш гьабун букIарабали? Лъалеб букIахъе Лента-ру сайт цIалулел гIадамазул къадар къойидаса къойиде цIикIкIунеб буго ва гьеб буго нижер улкаялда бищун цIар араб сайт».

Лента-ру цIалулел гIадамазул къадар анцIила цо миллион чиясде бахунеб буго.
Тимченко хIалтIудаса эркен гьайи ва гьелъул бакIалде Гореславский тIами гьеб бугин Россиялъул эркенаб прессалде гьабулеб иргадулаб тIадецуй, ян абулеб буго журналистаз.

Гореславский цеве хIалтIулаан Кремлалъул политика кколеб «Взгяд.ру» абулеб сайталъул бетIерав редакторлъун. РакIалде щвезабулеб буго мухбирзабаз дагьалъ цебе «Дождь» абулеб телеканалалде гьабураб тIадецуйги.

Политикияв хIаракатчи ва «Афиша» абулеб информалаталъул редактор Илья Красильщикица гьалкъояз Фейсбукалда гIолохъанал журналистаздехун вуссун, гьадинаб гIаклъу кьолеб буго: «Нужеца нужеего батIияб пиша тIаса бищани лъикI, гьаб – журналистикаялъул заман гуро» ан абун.

Светлана Рейтерица абулеб буго эркенал журналистазул, ялъуни эркенал пикраби загьирарулел мухбирзабазул къадар Россиялда дагьлъулеб бугин.

Светлана Рейтер: «Лъидаго рачIел ва цензураялъукьа рорчIарал информалатазул къадар Москваялда дагьлъулеб буго. Ницеца чIечIого гьелъул хIакъалъулъ хъвалелги руго. Гьале, ирга щвана нижедаги».
XS
SM
MD
LG