МагъчIваялъе рес

Пачалихъияб Думаялъ хисизабизе бегьула Россиялъул чIахIиял шагьаразул бутIрул толеб къагIида


Пачалихъияб Думаялде кьун буго чIахIиял шагьаразул мэрал ритIахъего рищиялъул къагIидаялдаса инкар гьабиялъул къануналъул проект.

Гьединаб къанун къабул гьабуни, реформа хъвазе буго мухъаздаса гIуцIараб 67 шагьаралда. Гьезда гъорлъан 56 - ккола регионазул центр. ХутIарал шагьаразда мэрал рищизе руго битIахъеб гьаркьал кьеялъул къагIидаялда.

Хиса-басиял гьарун хадуб, бутIрул рищизе руго шагьаралъул дупутатазда гъорлъан. Гьел гьединги рахъине руго ритIахъего шагьаралъул парламенталъул нухмалъулеллъунги.

Шагьаралъул параламент гIуцIизе буго мухъазул нухмалъиялъул идарабазул хIалтIухъабаздаса. Къануналъул проект Пачалихъияб Думаялде кьун буго «Единая Россия» партиялдаса депутатаз, Федерациялъул Мажлисалъул гIахьалчагIаз ва ЛДПРалъул фракциялъ.
XS
SM
MD
LG