МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда тIобитIана исламиял ихтияразул бицараб конференция


МахIачхъалаялда тIобитIараб исламиял ихтияразул бицараб конференциялда, 06Map2014
МахIачхъалаялда тIобитIараб исламиял ихтияразул бицараб конференциялда, 06Map2014

6 марталда МахIачхъалаялда тIобитIараб исламиял ихтияразул бицараб конференциялда шайих МухIидин Къарадагъица бицен гьабичIо Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъулги, терактазулги, жалго жидецаго кьвагьулел гIолилазулги. Гьес бицунеб аслияб куцалда хурхун букIана Къуръаналдаса ва Аварагасул хIадисазда мисалазда.

Катаралдаса гIалимчи, шайих МухIидин Къарадагъица Дагъистаналде гьабураб кIиабилеб сапар ккола гьаб нух. 6 марталда МахIачхъалаялда гьесул гlахьаллъигун тIобитIана исламиял ихтияразул бицараб конференциялде рачlун рукlана Шималияб Кавказалъул республикабаздаса ва Татарстаналдаса муфтиялги, рукlана гьенир ГIарабиялъа гIалимзабиги.

Жакъа къоялда жигьад гьабизеян къватIиве вахъарав чи бусургьанчиги кколарин, гьес эбел-инсул хIурматги гьабулеб гьечIин кIалъана гьенив Чачан Республикаялъул муфти СултIан Мирзаев.

СултIан Мирзаев: «Жакъасел мужагьидаз, хасго Дагъистаналдаса мужагьидаз дискал ритIун рачIуна эбел-инсуде хитIабалги гьарун. Жидее дандечIей гьабун, жинца мун чIвалин лъазабула инсуда. Аллагьас цIунаги нилъ гьединал лъималаздаса. Гьединав чи бусургьанчи кколаро, гьеб жо исламги гуро, шаригIатги гуро».

Жакъа къоялда лъилниги ихтияр гьечIин жал салафиялин ругин абизе, щайин абуни унго-нгоял салафиял гьижраялда рекъон 300 соналъ цере гурони рукIинчIин абуна Султан Мирзаевас. 301 абилеб соналда гьавурав чигицин салафиявлъун кколарила. Жив салафиязул нухда вугин абизе бегьулила, гьеб батIияб жо бугила. Гьединго жал салафиял кколин абулел чагIи цIакъго рикIкIад ругин Агьлу-сунна ва ДжамагIаталдасаян рикIкIунеб бугоан Чачан республикаялуъл муфтияс.

Цере ккара-ккарал чагIаз интернеталдасан гьарулел вагIзабиги ракIалде щвана гьесда.

СултIан Мирзаев: «Компьютералдаса цере рахъунел гьереси-вагIзачагIазухъги гIенеккизе ккеларо – Албани, Абу ЯхIя, Ренат Казахский гIадал ва цогидал вагIзачагIи ккола гьел. Бусургьабазда гьоркьоб питна бекьулел, гьезул биги гIодобе тIолел чагIи ккола гьел».

ГьабсагIаталда Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалда тIасан, масала, терактазулги, жалго жидецаго кьвагьулел гIолохъабазулги рахъалъ щибго абичIо шайих МухIидин Къарадагъица. Гьес аслияб куцалда бицунеб букIана Къуръаналдаса ва Аварагасул хIадисазда мисалалги рачун. Гьедин цо-цо мехалда чIамучIлъулеб бугинги кколеб букIана хабар. ХIакъикъат балагьиялъе гIоло гIемер ургъизе, хадур лъугьине кколин, гьедин заманалдасан чияс жиндирго пикрабиги хисулин абулаго, ракIалда чIана шайихас бачараб цо мисал.

МухIидин Къарадагъи: «Цо заманалда Мисралъул вукIарав цевехъан Анвар Садат чIвазе къасд гьабурал гIадамал туснахъалъур тIубан батIиял чагIи лъугьана, гьезул пикру хисана. Туснахъалдаса къватIире риччайдал, гьез ракълил партиягицин гIуцIана, халкъ ракълиде ахIулел тIахьазул чанго томги биччана».

Исламалда батIиял диназдехун бугеб бербалагьиялъул бицунаго шайих Къарадагъица рехсана Къуръаналда мажусияздехун бихьизабураб бербалагьи. Масала, Аллагьас Аварагасда абун бугила дуца мажусиязда абейин яги нуж, ялъуни ниж къосун ругилан. Гьеб кколила мажусиязулгунцин рекъел гьабизе къваригIин. Гьединго шайихас бицана ахираб заманалда такфир гIемерлъун букIиналъулги. Цоял бусурбабаз цогидазда гIайибал чIвалел ругила. Гьеб исламалъул нух кколарила. Масала, Аллагьасул хIалкIолъиялдалъун Аварагасда лъалаанила щивав кIигьумерчи. Гьел чIвайилан абун буго гьесда, амма Аварагас инкар гьабун буго.

Жигьадалъеги батIи-батIиял чагIаз батIи-батIияб магIна кьолеб бугин абуна шайихас. Гьединлъидал питнаги жибго тун, цIилъиялдеги, лъикIлъиялдеги рачIине кколила нилъ.

Шайих Къарадагъида лъикIаблъун бихьулеб буго 6 марталда МахIачхъалаялда тIобитIараб гIадаб мажлис цогидал республикабаздаги тIоритIизе, масала, гьанжесеб нухалъ - Чачаналда.

Мажлисалдаса хадур гьалбал Дербенталде ана. 7 марталда Къарадагъи Жума-мажгиталда цеве вахъине вуго.
XS
SM
MD
LG