МагъчIваялъе рес

Багьаби долго руго, щолеб хайир дагь буго


Махlачхъалаялъул №2 базаралда
Махlачхъалаялъул №2 базаралда

Украиналда бугеб кризисалда базабулеб буго гIемерал экспертаз Россиялда гъурщил багьа гIодобегIан ккей. ГIадат буго гъурущ учузлъанагIан къайи-цIа багьалъулеб. Гьанжеги гьеб багьалъун бугищха гьеб?

Америкаялъул цо долларалъул багьа 37 гъурщиде бахана итни къоялда. Доллар эхеде бахиналда базабула гIемерисез кванил нигIматазул багьа эхеде бахинги. Гьелда бан нижеца цIех-рех тIобитIана МахIачхъалаялъул кванил нигIматал ричулеб кIиабилеб базаралда.

Тахшагьаралъул кIиабилеб базаралъул ричарухъабазда гьоркьоб тIобитIараб цIех-рехалда нижеца лъазабулеб букIана долларалъул багьа эхеде бахиналда бан бичулеб къайи-цIаялъул щибниги хиралъун бугищали. Амма цо-цо кванил нигIматазухъе гурони гIемерисебщинаб бичулеб кванил нигIматалъул багьа цебе букIаралдаса хисун гьечIоан. Пихъил базаралда хиралъараб жо батана банан. Цо ящикалъухъ 850 гъурущ кьунин жиндица жакъаян бицана «Эркенлъиялъе» йичарухъан СалихIатица. ГIадамазе бичулелъул бананалъул цо килограммалде тIаде щуго бахъизе кколеб буго гьелъ.

Кванил нигIматазда гьоркьоб чанго бакIалда гьикъидал картошка хиралъун бугилан абуна ричарухъабаз. Гьелъул килограмм бахун буго 33 гъурщиде.

Йичарухъан Каримат: «Хира гьабун бугилан дагIба букIуна гIадамазулги, нижеца гьеб хира гьабураб гIадин. Гьале дица 45 гъурщиде босараб гIеч 50 гурщиде килограмм гьабун бичизе кIоларого моцIниги балеб буго. Ниж киналго гьанир нижеего заралалъе хIалтIулеб хIисаб кколеб буго. Гьединго гIадамазе квегIенал шартIал чIезаризе лъицаниги гьабулеб хIалтIи гьечIо. Нижехъеги рачIинчIого гIадамал къватIир рагьун ругел тукабаздеги ун нахъе унел руго. Гьедин нижееги цогидазеги захIмат гьабичIого къазениги къалебаниш гьаб базарилан йиго дун».
Гьадин бицана «Эркенлъиялъе» пихъ ва пастIабазул нигIматал ричулей Кариматица.

Базаралде къваригIараб таралда хадур рачIарарл гIадамазда гьикъидал гьезул жавабал цоцада релълъарал рукIана. Жидеда лъалараго хиралъараб жо гьечIин гьадалаго багьаби ругилан букIана гьезул жаваб.

Аслияб дагIба ричарухъабазул букIана базаралда жанир ричаризе чIезарурал шартIал гьечIолъиялда ва базархIакъалъукъ кьолеб багьаги щибаб нухалъ цIикIкIинабулеб букIиналда. Унсоколо мухъалдаса Хадижатица бицана гьале 18 сон бугила жиндир базаралда йичарулей йигелдаса, амма жакъа гIадаб квешаб малъкъосараб хIалалда жий ккун йикIинчIилан. Йичарулеб бакIалъухъ щибаб моцIалъ 15 азарго гъурущ кьезе кколеб буго гьелъ. Гьанже анкьидасан гьелъул багьа кIиго нухалъ цIикIкIине рагIулинги бугин хабар, базаралъул нухмалъулесе хIалтIун кколей йигинха жий.

Хадижат: «Лагъзал гIадин рогьаралдаса рукIкIинегIан хIалтIулел ругел нижеда аскIове нужниги кин ругел, щиб бугеб къварилъи абуна вачIунев чи гьечIо. Базаралъул нухмалъулевги жеги вихьарав чи гуро дида. Ижараялъе ричарулеб рукъ босарал чагIазе гIарацги кьун гьезие хIалтIулей хутIун йиго дун. Цояз 10-20 гъурущ кьолеб буго базар хIакъалъухъ. Цояз абуни ижараялъе 500 гъурущ кьезе кколеб буго».

Хадижатил рагIаби ритIухъ гьаруна гьелда аскIор ругел пишацоязги. Жидеда вихьизецин чIоларев чияс нухмалъиги гьабун ругин жал гьанир хIалтIулелан цо кIалдисан гIадин абулеб букIана гьез. ХIатта гьезда лъалеб гьечIо гьесда цIарцин.

ГьоцIцIо бичулел руччабазул бищун кIудияб дагIба бугоан жидеего конкуренция гьабун хIалтIулел ярмарка тIобитIулел чагIаз. Щибаб къоялъ гIадин къватIир ярмаркаги тIобитIун гьез жидер дарам хвезабулеб бугилан ццим буго гьел киназулго. Гьеб ярмаркагацин гурин, гьеб бугин къватIул даранчагIазул пишаян абулеб букIана гьоцIцIо бичулей Симисханица.

Симисхан: «Ярамаркацин гуро гъоб. Къо гьоркьоб биччачIого гьарулел жалищ рукIонел ярмаркаби? Нижерго наяз тIун гьабураб бацIцIадаб гьоцIцIоги тун, гъозул учузаб гьоцIцIо босулеб буго гIадамаз. Гъол жалгоги мукIурлъулел руго гьелъие. Нижеца 500 гъурщиде бичула гьацIцIул цо кило, гъозги гьебго багьаялде бичулеб буго, амма гьозул нигIмат нижералде дандеккун учузаб къиматалъул бугоха. МахIцараб гьоцIцIоги гIадамазе бичун руго гьел. Гьезул халги гьабулеб гьечIо я экспертизаялъ, я санитарияб хъулухъалъ».

МоцIрое рихьизарурал кванил нигIматазул гIаммаб къадаралда гьоркьоб цо чиясе гIумру гьабиялъе хIажалъулеб бищунго гIодобегIанаб къадар Дагъистаналда буго 820 гъурущ. МоцIалъе щолеб гьоркьохъеб харжалъул къадарин абуни Дагъистаналда буго 10-15 азаргоялде щвезегIан гъурущ.
XS
SM
MD
LG