МагъчIваялъе рес

Ясенюкица Россиялде ахIи бана


Украиналъул хIукуматалъул бетIер Арсений Яценюкица цоги нухалъ Россиялде ахIи бана Крымалъул бащдабчIинкIиллъиялда Россиялъул аскаразул багъа-бачари чIезабеян абун.

Украиналъ гьадинал провокациязе къуваталдалъун жаваб кьезе гьечIин, тIаде жубана Яценюкица. УДАР абулеб Украиналъул партиялъул цевехъан Виталий Кличкоцаги Россиялдехун вуссан, абуна, къуват бихьизабизегIан, цоцазул хIурмат гьабуни лъикIилан.
XS
SM
MD
LG