МагъчIваялъе рес

Украиналда хIалуцин халат бахъунеб буго


Киевалда Незалежности майданалда «Интерфакс – Украина» агентлъиялъул хIисабалда данде вакIарун вуго щуазаргогIанав чи. Волонтераз гьенибе щвезабун буго квен, хинаб ретIел, лъин ва дараби. Милициялдаги оппозициялъул рахъ ккураздаги гьоркьоб рагIула шинаби, цIул ва хъарщал рухIулеб цIаялъул гIорхъи.

Централда мобилияб бухььен берцинго хIалтIулеб гьечIо. Михайловский абураб гьатIаналда цеве вакIарун рагIула 300 гIанав чи. ГьатIаналда жанив рагIула цебесеб сордоялъ рукIарал тунка-гIусиязда зарал ккаразул нусгоялдаса цикIкIун чи. Михайловскиясул къватI къан буго.

«Евромайдан SOS» абураб гIуцIиялъул лъазабиялда рекъон, ккун вуго 59 активист.

Харьковалда оппозициялъул рахъ кколезул нусго гIанав чияс гIуцIун руго пикетал Жанисел ишазул министерлъиялъул рагъулазул академиялъул минаялда цебе, гьелъул курсантазе Киевалде нух къаялъул мурадалда.

Львовалда нус-нус чияс ккун буго шагьаралъул милициялъул идараялъул мина.

Украиналъул хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъ цIидаса рагьун буго нухмалъи тIаса рехиялъул хIалбихьи гьабиялъул иш.

Украиналъул сахлъи цуниялъул идараялъул лъазабиялда рекъон, Киевалда кIиябго рахъалдаса хун вуго 26 чи. Хваразда гъорлъ вуго журналист Вячеслав Веремийги. Официалияб лъазабиялда рекъон, зарал ккун буго 350 чиясе. Майданалъул хIаракатчагIазул рагIабазда, гьезул къадар бахун буго азарго чиясде.
XS
SM
MD
LG