МагъчIваялъе рес

Индиялъе изну кьун буго Олимпиадаялда гIахьаллъизе


Олимпиадаялъул халкъаздагьоркьосеб комитеталъ Индиялъе изну кьун буго Олимпиадаялъул хIаязда гIахьаллъизе. 2012 соналда Индия махIрумлъун букIана гьединаб ресалдаса. Гьелъие гIиллалъун ккун букIана улкаялъул олимпиадаялъул миллияб комитеталда коррупциялъул щаклъи ккей.
Сочиялъул Олимпиадаялда гIахьаллъулев вуго Индиялдаса лъабго атлет. Делиялде данде санкциял хIалтIулел рукIиндал гьел хIаязда гIахьаллъулел рукIана Олимпиадаялъул халкъаздагьоркьосеб комитеталъул байрахъалда гъоркь. Гьанже абуни гьезие рес буго жидерго улкаялъул байрахъ борхизе.
9 февралалда Индиялъул олимпиадаялъул комитеталъ жидерго цIияв президентлъун вищун вуго сквошалъул халкъаздагьоркьосеб фередарациялъул бетIер Нараян Рамачандран.
XS
SM
MD
LG