МагъчIваялъе рес

Москваялда Америкалде данде - коммунистазул митинг


Москваялда бугеб Цолъарал Штатазул вакиллъиялъул минаялда цебе Россиялъул Коммунист партиялъ протесталъул акция тIобитIана «Украиналъул жанисел ишазде гъорлъе жубаялде дандеилан» абураб.

Партиялъул мухъилал вакилзабаз, депутатаз глобализмалде данде чIолеб Россиялъул багъа-бачариялъул хIаракатчагIаз абулеб букIана Украиналда демократия тIад чIезабизе къасд гьабиялъ гьениб унго-унгояб гражданияб рагъ багъаризабулеб бугин.

Гьеб гуребги, абулеб буго депутатаз, Украина Евроцолъиялде гъорлъе жубани, улкаялъул росдал магIишат ва индустрия тIубанго тIагIинабизе буго ва Украина колониялъун лъугьилин.
XS
SM
MD
LG