МагъчIваялъе рес

Израилалъул вукIарав премьер Ариэль Шарон хун вуго


Шамат къоялда Тель-Авивалда хвана 85 сон барав израилалъул премьер-министрлъун вукIарав Ариэль Шарон.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна израилалъул телевидениеялъ.

Ахирисел къоязда гьесул чорхол хIал цIакъго квешлъун букIана. 2006 соналда Ариель Шаронил букIана инсульт. Гьельдаса хадуб гьев вукIана комаялда, хасаб аппараталъ хIухьги цIазабун.

Шароница израилалъул хIукуматалъе нухмалъи гьабулеб букIана 2001 соналдаса байбихьун 2006 соналде щвезегIан.

2005 соналда гьес гъулбасун букIана Газа секторалдаса жугьутIазул хасал мархьиязул эвакуация гьабиялъул буюри.

1967 соналда анлъго къоялъулаб рагъда гьес нухмалъулеб букIана танкабазул дивиязиялъул. 1973 соналъул октябралда Мисралъулгунги Сириялъулгунги рагъ унеб мехалда Суэцалъул каналалъул штурм гьабулеб мехалда гьес бихьизабун буго кIудияб махшел. Гьелда хадуб Ариэль Шарон улкаялда лъугьун вуго бищунго машгьурал гIадамазул цоявлъун.
XS
SM
MD
LG