МагъчIваялъе рес

«Вацал-бусурбаби» террористаллъун лъазарун руго


Мисралъул премьер-министр Хазем эль-Беблавица «Вацал-бусурбаби» абулеб багъа-бачари террористикияб гIуцIилъун лъазабун буго.

Гьадин абулеб буго бакIалъулаб прессалъ премьер-министрасул пресс-хъулухъалде мугъ-чIвай гьабун.

Гьединаб лъазаби гьабизегIан Каиралда бугеб полициялъул минаялда цебе кьвагьизабун букIана жаниб бахчун тараб бомбагун автомобиль.

Ахирисел рикIкIеналда рекъон 14 чи чIван вуго.

Эль-Беблавица абуна гьеб теракт букIанин. Кьвагьи гьабуразе бокьилаанин демократиялде буссараб улкаялъе квал-квал гьабизе.

Рехсараб такъсиралъул жавабчилъи тIад жеги лъицаниги босичIо.
Мисралъул туснахъазда «Вацал-бусурбаби» абулеб багъа-бачариялъул кIиазаргогIан чи туснахъалда вуго. 450 чияс итни къоялъ ракъи лъазабуна.

Гьез абулеб буго туснахъалда жал рахIму-цIоб гьечIел шартIазда чIолел ругин.
XS
SM
MD
LG