МагъчIваялъе рес

Москваялда ккун вуго азаргогIанав мигрант


АзаргогIанав чи ккун вуго Москваялда «Ахихъан» абураб дармил комплексалда гьабураб рейдалъул хIасилалда. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Россиялъул Жанисел ишазул министерлъиялъул Москваялъул бутIаялъул вакилас.

Гьесул рагIабазда, ккурал рагIула Киргизиялъул, Таджикистаналъул ва Узбекистаналъул гражданал. Полициялда хал гьабулеб рагIула такъсирал гьариялде букIине бегьулеб бухьеналъул ва Россиялда гьел рукIиналъе изну.
XS
SM
MD
LG